Франциялъул рагъулалгун цадахъ малиялъул пачалихъиял къуватаз жидерго контролалде гъоркье босун Тимбукту шагьар. ГьанжелъезегΙан гьеб анцΙго моцΙалъ ккун букΙана яргъид гΙуцΙараз.
Информациялъул алатазул лъазабиязда рекъон, исламистал жалго нахъе иналде цебе бухΙун буго чанго мина. Гьезда гъорлъ рагΙула Тимбуктуялъул аслияб библиотекаги. Гьелъул официалияб цΙар ккола АхΙмад Бабал цΙаралъул Исламиял ва гΙелмиял цΙех-рехазул тадегΙанаб институт. Британиялъул Guardian газетаялъул лъазабиялда рекъон, яргъид гΙуцΙараз гьеб мина хΙалтΙизабулеб букΙун буго кьижулеб бакΙ хΙисабалда ва гьанже хΙинкъи буго гьез гьенир исламиял хъвай-хъвагΙаязул коллекция хвезабун букΙиналъул.
Кейптауналъул университеталъул Тимбуктуялъул хъвай-хъвагΙаязул проекталъул гΙалимчи Мауро Нобилица ЭР-лъе интервью кьолаго лъазабуна, гьеб коллекция тагΙинабиялъул хΙакъалъул информация тасдикъ гьабулеб гьечΙин ва гьенисан щолеб информация батΙи-батΙияб бугин. Цогидал баяназда рекъон, кколекция бухΙун буго. БакΙалъулаб прессаялъ лъазабулеб буго хъвай-хъвагΙаязул коллекциялъул бутΙа цогидаб бакΙалде щвезабунин.
Мауро Нобили: «Лъазаби тасдикъ гьабулеб гьечΙо гьанжеги. Тимбуктуялдаса рачΙунел суратазухъ балагьун рукΙуна ниж. Микьго къоялда жаниб нижеда бажаричΙо Тимбуктуялда вугев нижерго божарав чиясулгун бухьен гьабизе. АхΙмад Бабал институталъул гΙелмиял хΙалтΙухъабазул къокъаги букΙана Бомако шагьаралда. Нижеда бажарун букΙана гьеб группаялъул гΙахьалчагΙигун кΙалъазе. Амма гьезухъги гьечΙо Тимбуктуялда лъугьаралда хурхун информация. Нижеда рихьана суратал, гьезда бихьулеб буго цо-цо документал хвезарун рукΙин. Амма дора хΙалтΙулезда лъиениги бажарун гьечΙо гьанжеги жаниреги ун ккараб зарал баянлъизабизе.»
Нагагьлъун гьеб коллекция тагΙинабиялъул хΙакъалъул информация ахир-къадги тасдикълъулеб бугони, Магърибалъул Африкаялъул историялъул цΙакъ кΙудияб фрагмент камизе буго. АхΙмад Бабал институталда цΙунун букΙана 20 азаргогΙанаб некΙсияб хъвай-хъвагΙай. Гьеб кколеб рагΙула Тимбукту шагьаралъул киналго документазул щуабилеб бутΙаялдаса махрумлъи.
Мауро Нобили : «Дагьал документазда гурони датаби гьечΙо. ХΙакъаб дата лъезеги бигьаяб жо гуро, щайгурелъул гьел кагътазул гьанжеги щвалде щвараб цΙех-рех гьанжеги гьабун гьечΙо. Жибго кагътил, щакъидул анализги гьабун гьечΙо гьанжеги. Цо-цо баяназда рекъон, гьел документал ккола Ι4-Ι5-лел гΙасрабазул. Цо-цо документал рукΙине рес буго Ι3-леб гΙасруялъулцин. Амма жидеда дата хъван бугел кагътал руго Ι7-Ι8 гΙасрабазул.»
Институталда рукΙарал гьоркьохъел гΙасрабазул документал рукΙана батΙи-батΙиял тематикаялъул. Регионалъулги дунялалъулги тарихалдаса байбихьун исламияб литератураялде щвезегΙан. Руго гьенир юридикиял, дармил документал, руго бутΙруз цоцахъе хьварал кагътал.
Яргъид гΙуцΙарал исламистаз гьеб бечелъи, хасго хириял тахьал тΙагΙинаризе бегьи щакаб жо бугин абулеб буго гΙалимчияс.
Мауро Нобили: «БитΙараб бицани, гьеб гьедин батани, гьеб букΙинаан магΙна гьечΙеб гали. Дора рукΙине бегьула суфизмалъул ва цогидал темабазул документал. Гьезда гъорлъ рукΙине бегьула, яргъид гΙуцΙаразул бербалагьиялдаса, гьитΙинаб кΙваралъул кагъталги. Амма дир пикруялда, КургΙан ва АхΙмад Бабал институталъул динияб литератураялъул асарал рухΙулел чагΙи цере чΙезарицин захΙматго буго. Исламияб культураялъул объектал тагΙинариялъул хΙалбихьи цо нухалъ гуреб загьирлъуле бугеб Малиялда ва африкалъул цогидал улкабазда».
Добго Тимбуктуялда бихизабун буго ЮНЕСКОялъ тΙолабго дунялалъул культураялъул ирслъун риккунел Ι6 суфиясул зияратазул ращадал. Араб соналда Аль Каидаялъулгун хурхен бугеб Ансар ад-Дин абураб къокъаялъ Тимбукту шагьаралда биххизабун буго гьединго Ι5 гΙасруялъул мажгиталъул кΙалтΙу.

ФРУД БЕЖАН