Ссылки для упрощенного доступа

Къадазда гьабулеб дагІват


МахІачхъала - Къедазул хъвадарухъабазул асар. 2012 соналъул май
МахІачхъала - Къедазул хъвадарухъабазул асар. 2012 соналъул май

Шагьаралъул гІолилаз жидеда гьоркьор ругел пикрабазул ва хьвада-чІвадиялъул пропаганда гьабизе батІи-батІиял къагІидаби ургъула. Бищунго асар гьабулеблъун рикІкІуна шагьаралъул къадазда хъвай-хъвагІаял гьари. Шималияб Кавказалъул шагьаразда киназдего гІагарун гьединал хъвай-хъвагІаял руго исламалъул пропаганда гьабулел.

Шагьаразул къедазда, кІудиял байдабазда ва цоги бакІ-бакІазда чІахІахатІалъ хъван руго исламалде ахІарал, гІемерисеб мехалъ джигьадалде ахІарал хъвай-хъвагІаял. Масала, «Бергьенлъи яги алжан!», «Хвел исламалъул тушбабазе! Аллагьу акбар!», «Джигьад буго хІакъикъат!», «Шагьидазе алжан!» ва цогидал. Цоги шагьараздаса хъвадарулел гІолилазда данде ккун, Шималияб кавказалъул гІолилазул буго жидерго хъвалеб къагІида. Гьел ратІа рахъизе лъала хъвадарулеб бакІалде, заманалде ва мацІалде балагьун.

Шималияб Кавказалъул гІолилазул мониторинг гьабулеб къокъаялъул нухмалъулев, политолог Руслан Гереевасул баяназда рекъон, джигьадалде ахІулел цо-цо сайтазда хъвалеб буго гІолохъанаб гІелалде, хъвай-хъвагІаял гьареян гІурччинаб кьералъ ва гІурус мацІалъ, щайгурелъул гІараб мацІалъул кІодолъи жеги кІудиял ишазе хІалтІизабизе кколин. Гьединго бицана гьес, хъвадарулел гІолилазда гьоркьоб унеб бугин къец, гІемер ва берцинго хъваялда тІаса, гьединго, кигІанго шагьаралъул бакьулъ хъварабгІан хъвай-хъвагІай къиматаб бугин.

Шагьаралъул администрациялда Эркенлъи радиоялъе бицана мэриялъ бажарараб хІалтІи гьабулеб бугин гьел хъвай-хъвагІаял хвезариялъе гІоло, амма хадусебго къоялъго гьебго бакІалда жеги чІахІаго хъван ратулила цІиял хъвай-хъвагІаял, гьел гІолилазулгІан гІемер гІадамал гьечІин жидер хас гьабун гьеб хІалтІи гьабизе заман бугел.

«Агьлю Сунна» абураб гІалимзабазул ассоциациялъул вакил ХІамзатбег БатІаловас рикІкІунеб буго гьединаб къагІидаялъ исламалде ахІи цІияб ишлъун бугин Дагъистаналъе ва Шималияб Кавказалъе. ГІолилазе рекІее гІолеб буго салафиязул идеология, гьеб бичІчІизе бигьаяб буго. Нилъеца гьезие квал-квал гьабизе кколаро, нилъер масъала буго гьел къанун хвезабулареб рахъалде, гІадамазе пайдаяб рахъалде руссинари ян бицунеб буго гьес Кавполит сайталда.

ГІадатиял шагьаралъулазул гьеб тадбиралде батІи-батІияб бербалагьи буго. Цо-цоял гьел хъвай-хъвагІаязде рокьукъго ралагьулел ратани, цогидаз рикІкІунеб буго гьеб гІадатияб иш бугин, гьелда данде къеркьезе кколарин. МахІачхъалаялдаса Заурбег ГьацІаловас бицунеб буго жиндир рукъалда хъван батанин «Джигьад чІаго буго!» абун. Хвезабун заман бахъилалде нахъойги хъван батанила, гьезие кинан гІадлу гьабизе кколеб абун гьикъулеб буго гьес.


Мх1ачхъала - Къедазул хъвадарухъабазул асарал махшалида гьарулел рук1иналда разилъизе зах1матго бугин, риккуна цо-цояз, къват1ир рихьразде данде ран. 2012 соналъул май
Мх1ачхъала - Къедазул хъвадарухъабазул асарал махшалида гьарулел рук1иналда разилъизе зах1матго бугин, риккуна цо-цояз, къват1ир рихьразде данде ран. 2012 соналъул май
Журналист ва блоггер Светлана Анохина: «Гьединал хъвай-хъвагІаяздаги, «Спартак-чемпион!», ялъуни «ЛДПРалъе гьаркьал кье!» абураб хъвай-хъагІаяздаги гьоркьоб кІудияб батІалъи бихьуларо дида. ХІасил гьел хъай-хъагІаязул кинабгІаги гьечІо. Дица гІумру гьабулеб Редукторный поселокалда къойилго бихьула, «Хиджаб ретІе!» абураб хъвай-хъвагІай. Дица кидаго пикру гьабула, лъицадай гьеб хъвараб абун. Гьел рукІун руго гьабизе жо тІагІарал гІолилал, жидерго рази гьечІолъи кибе гьабилебали лъаларого гьединал ишазде рарал. Гьезда данде къеркьези кколинги рикІкІунаро дица. Хъвай абе жидеего, экстремизмалде, би тІеялде ахІулел ратичІони. Дирго кинаб бербалагьи бугеб гьелде абун гьикъани, кинабгІаги гьечІо. Дица хъвалаан «ЧІахъаги рок-н-ролл!» абун, амма гьеб гьезие бокьиларо. Дагъистан буго гІемер миллатазулаб, гІемер диназулаб республика, гьаниб кинабго цоцалъ жубан буго, гьединал ишаздехун эркенго балагьизе ккола. ХІатта эксремизмалде ахІулел ратаниги, дица гьезде кІвар кьоларо. Щайгурелъул эксремизмалде гьел хъвай-хъвагІаяздалъун унилан рикІкІунаро. Дида ккола гьабсагІаталда радикалиял исламиял пикраби модаялда ругин, гьелъул хІасил бугин гьал хъвай-хъвагІаялги.»

Политолог Руслан Гереевасул пикруялда рекъон, къадада гьабулеб джигьад тІадеялдаса тІаде цІикІкІунеб буго. ГІолилазул гьединаб тадбир гьукъиялъ гьеб дагьлъуларин, дагь-дагьккун гьелде ругьунлъила ва жалго хъвадарулезул мурад тІубарабго гьеб дагьлъилин, рикІкІунеб буго политологас.

XS
SM
MD
LG