.
Евроцолъиялде захIматаб сапар
Щибаб анкьалда аза-азар мигрантас Македониялъул гIорхъи бахунеб буго Евроцолъиялъде щвеялъул мурадалда. Гьел рачIунел руго Афгъанистаналдаса, Пакистаналдаса, Ираналдаса, Йеменалдаса ва Магърибалъул Африкаялъул улкабаздаса. Македониялъул хIукуматалъ гьукъун буго мигрантазе жамгIияб транспорталдаса пайда босизе. Гьеб гуребги, жалго шоферзабиги хIинкъун руго жидеде гIадамазул дармил гIайиб гIунтIизабизе бегьиялдаса. Гьединлъидал гIемерисел мигрантаз сапар бухьулеб буго лъелго яги велосипедазда. Гьеб цIакъ захIматаб сапар ккола. Амма бакъалъулал жамгIиял хIаракатчагIи гIадатиял гIадамал цо-цо нухалда нухазде рахъун, бажарараб кумек гьабулеб буго мигрантазе.

1
Мигрантазул хъизаналъ хIухьбахъулеб буго Демир Капия абураб маххул нухалъул станциялда. Македониялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиялда рекъон, легалиял гурел мигрантазул къадар ахирисеб ункъго моцIида жаниб цIикIкIана ункъго нухалъ.

2
Мигрантал чIун руго Демир Капия вокзалалда Сербиялде унеб поездалда рекIиналъул хьулалгун. Амма легалиял гурел мигрантазе гьукъараб буго жамгIияб транспорталдаса пайда босизе.

3

4
Сириялдаса мигрантаз хIухьбахъулеб буго шагьаралъул паркалда. Цояз Македониялда росун руго велосипедал, метериеб нух гьезда рекIун халат бахъинабиялъул мурадалда.

5

6

7

8

9

10