Китаялъул Сычуань провинциялъул аслияб шагьар Чэндуялда рагьун буго дунялалда бищунго кlудияб мина. «Цlияб гlасру» абулеб централъул кlодолъи бахуна 1,76 миллион квадратияб метраялде. Гьеб балеб букlана лъабго соналъ. Машгьурав архитектор Захи Хадидица бараб гьелда жанир руго гlемерал офисалги, тукабиги, кинозалалги, аквапаркги.