Казахстаналда Сталинил мархьиязул музеялда сордо базе рес кьолеб буго гьенир рачIаразе. Гьениб гьезие кьола жанир тIамуразул букIараб гIадаб квенги, рес буго доба босулеб букIараб гIадин гьезул сурав босизеги. Долинка абулеб бакIалка рагьун буго гьединаб цогиязда релъинчIеб политикиял репрессиязул музей. 1930 соналда Карагандаялъул тарбия кьеялъул ва хIалтIул мархьиязул сисмеялде гъорлъе индал рагIун букIана
гьеб шагьаралъул хIакъалъулъ. (КарЛаг)
Казахстан: Гулагалда бараб сордо

1
Музеялъул хIалтIухъабаз бихьизабулеб буго сурав босулаго жанир тIамуразе зулму гьабулеб букIараб куц.

2
Карлаг Долинкаялъул аслияб офислъун букIараб ва гьанже жаниб музей бугеб мина

3
Музеялъул кIалтIа гIадамазе бакъан бачунеб оркестр. Репрессиязул заманалдаги гьедин букIун буго.

4
Казахазул миллияб квен кьолеб буго музеялде рачIаразе. Гьедин бихьизабулеб буго депортация гьабурал ракъун хвеялдаса рорчIизелъун казахаз гьелгун квен гIахьал гьабулеб букIараб куц.

5
Жанир тIамун рукIаразул ишал рихьизе лъураб зал.

6
Долинкаялдаса Вера Мигьоденкоца цIалулеб буго 1930 соналда вакъун хварав нус-нус азар чиясул хIакъалъулъ.

7
Вухарав туснахъ

8

9
Сурат бахъизе чlарав музеялде вачlарав

10

11

12

13

14

15
Музеялъул хIалтIухъанас бихьизабулеб буго ракъуцаги свакацаги холаго туснахъаз къотIелал гьаризе хIатI мерхьунеб букIараб куц.