Ссылки для упрощенного доступа

Караман: ракьал рикьиялъул дагIба


ГьатIан къоялъул сардилъ къватIире риччан руго, жидеего бокьухъе ракьал рикьиялъул гIайиб гIунтIизабурал, лъарагIазул жамгIиял хIаракатчагIи Валиев Залимхан ва МухIамадов МухIамадамин. Гьезда щибго гIайиб гьечIин, хIакимзабазе жидецаго ракьал ричи ва рикьи гьел жамагIатчагIазде реххизе къваригIун бугин рикIкIунеб буго гIадатиял гIадамаз.

МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Караман абулеб бакIалда ругел ракьал къануналде данде кколарел хIалалъ рикьа-къотIиялъул хIакъалъулъ гьабулеб цIех-рехалъе кколел баянал кьезе ахIун рукIун руго полициялде Валиев Залимхан ва МухIамадов МухIамадамин.

Гьел кIиялго рукIун руго Дагъистаналъул президентлъун МухIамадсалам МухIамадов вугев мехалдаго гIуцIун букIараб ракьал рикьиялъул комиссиялъул гIахьалчагIи.

ЦIакъ гIемер бахIс сверун бугеб гьеб Караманалъул ракьал рикьулел рукIарал куцалъул, хIакимзабаз кин гьел ричулел рукIаралали хъварал баянал ругел документалги росун щун руго гьел жамагIатчагIи низамцIунулезухъе.

Амма гьеб бакIалдаго къанун цIунулез нугIзадеридаса гьел гIайибиязде сверизарун руго. Гьедин жидеего бокьухъе ракьал рикьиялъул, ва гьел чияр ракьал кквеялъул гIайибги гIунтIизабун туснахъ гьарун руго Валиев ва МухIамадов.

Гьез цо сордо-къогун бащадаб туснахъалъубги бан хадуб Кировский мухъалъул диваналъ гьел рокъор туснахъ гьаризе хIукмуги гьарун къватIире риччан руго.

«Тарки-Караман» абураб ракьул суалазда тIадчIараб жамгIияб идараялъул пресс-секретарь, журналист Мирзаев ХIажица «Эркенлъи» радиоялъе бицана гьел жамагIатчагIи кквей къанун хвезаби бугилан, ва гьел жанир тIамизе щибниги кьучI бугеб жо букIинчIила, гьадингояб щибали лъаларел жалги рицун туснахъ гьарунила Валиев Залимхан ва МухIамадов МухIамадамин.

Жидер баяназда рекъон гьеб иш багъариялъе багьаналъун кканила МахIачхъалаялъул депутатазул собраниялъул цо депутатас Дагъистаналъул рохьазул идараялда тIасан гIарза хъвай.

Гьеб гIарзаялда депутатас тIалаб гьабулеб букIун буго жиндихъе 25 соналъ ижараялъ кьун букIараб Караманалда бугеб 100 гектар ракьул рохьазул идараялъги, республикаялъул пачалихъалъги, ЦIияб Лак мухъалъул администрациялъги жидедаго гьоркьоб бикьа-къотIун бугилан. Гьединлъидал къануналде рекъон жиндихъе бугеб ракь тIад буссинабейин тIалаб гьабулеб букIун буго гьев депутатас.

Гьеб гIарзаги багьанадай ккун, гьадингоги гIемер гьел ракьул суалазда тIасан ахIи-хIур бахъинабиялъ, низамцIунулездаги, Дагъистаналъул тIалъиялдаги чIалгIун рукIарал гьел Валиева ва МухIамадов туснахъ гьарунин бицана Мирзаев ХIажица.

Гьел туснахъ гьарун рукIин лъараб мехалда МахIачхъалаялда аскIо ругел лъарагIазул Тарки, Кяхулай, Альбурикент росулъа 1000-ялде гIагарун чи вакIарун руго МахIачхъалаялъул Ярагъиясул ва ГIумаровасул къватIал цолъулеб бакIалда. Гьел низамцIунулезда ццин бахъарал гIадамаз лъазабулеб букIун буго Валиев ва МухIамадов гьабсагаIатго эркен гьареян, гьаричIони жал гьабулеб жоялде рачIунарилан.

КIудияз маслихIатги гьабун, гьеб халкъ бакIарараб бакIалде рачIарал полициялъулазда жидерго тIалабалги лъазарун, гъалмагъирги гьабичIого рикьа-риххун руго гьеб данделъиялъул гIахьалчагIи.
Мирзаев ХIажи: «Гьел жамагIатчагIи кквей къануналде дандекколареб иш буго.

Лъица щиб абуниги гьеб Караманалъул ракьги Таркиялъулазул бакI буго. Тарихияб къагIидаялъ босаниги гьадинго балагьаниги гьеб ракь кидаго таркиязулазухъ букIана. Гьеб бахъизе лъугьиналъги ццин бахъун ругел гIадамал, гьел ракьул суалал роцIцIинарулел рукIарал гIолохъаби ккун рукIин лъайдай цIакъ ццин бахъун лъугьана.

Гьединлъидал данделъунги рукIана гьел. ГIадамазда щибго гIайиб гьечIо, жалго бетIергьанаб ракь цIунизе лъугьунин абун гьезде лъицаниги гIайиб гьабизе бегьуларо. Цин босун гьеб Караманалъул ракь ЦIияблак мухъалъул гIадамал гочинаризе кьезе бихьизабуна нилъер республикаялъул пачалихъалъ.

Хадуб жиде-жидееги кескал тIе-тIезаруна гьениса. Дагьалдасан щу-щу анцI-анцI гектар ракьул буго гьениб хIакимзабазухъа. Гьеб ракь лъиениги кьеларин, лъарагIал гьенире къватIире рахъараб мехалдаги гIемераб рагъ-кьал ккана, тумазулгунги, полициялъулазулгунги.

РитIулъги гьечIолъи бихьараб мехалда рахъун гьенирегун хъошахъ хасел тIамуна чанги таркиялъулаз. Гьеб кинабго чIалгIун киндай гIадамал диваналде цIалаян буго тIалъиги.

Дуцаго пикру гьабе, тIокIаб жойищ гьез гьабулареб, гьениб Караманалда гIадамаз бараб мажгитги къануналде данде кколаредухъ бан бугин лъазабулеб буго гьез. КватIичIого ТIадегIанав Аллагьгицин диваналде кьела гьез».

Валиевасда ва МухIамадовасда хурхун гьабураб хIукму диваналъ нахъе бахъичIони, ай гьел рокъор туснахъ гьариялдаса эркен гьаричIони, жидер ракьазул суал тубачIони жал нахъе къазе гьечIилан. Ккани митингалги гьаризе ругила, нухалги къазе ругила.

Жал чидар жо бахъулел чагIи гурила, амма жалго бетIергьанаб жо лъиениги кьезеги ракIалда гьечIилан.

Чанго соналъ халат бахъунеб буго Караманалъул ракьал сабаблъун бугеб ахIи-хIур. Цо рахъалдасан чIун руго ГIавухъ мухъалдаса чачанал гочинарун хадуб гьенире рахъинарун рукIарал ва гьел чачанал тIад руссун хадуб цIидасан МахIачхъалаялда аскIоб Караманалда ракьалги кьун гьенире гочинарурал ЦIияблакмухъалъул гIадамал.

Цойгидаб рахъалъан гьеб ракьул бетIергьаби Тарки, Кяхулай ва Альбурикент росабазул жамагIатал ругин, росулъ рукъ базе ракь гьечIого жидер гIолохъабиги тун жидер ракьал чияе щайин рикьизе кколелин чIарал лъарагIал. 2012 соналъ гьеб кIиябго рахъалдасан чанги нус-нус чи гIахьаллъараб тунка-гIусиги ккун букIана, гьел ракьал рикьиялъул хасаб комиссия гIуцIизе бугинги абун Дагъистаналъул хIукуматалъ гIодоре риччазарун рукIана гIадамал, амма гьеб суалалда сверун жеги бахIсал лъугIулел гьечIо.
XS
SM
MD
LG