Ордон нилъеда лъала гьенир гlемерал кавказияз гlумру гьабулеб улка хlисабалда. Гьединго гьеб лъала гьенир цlакъ гlемерал тарихиял ва тlабигlиял къиматал бакlал рукlиналъги. Гьанир кьолел руго Ордоналда нижер мухбирас рахъарал суратал.
Ордон кьераздалъун

1
Хвараб ралъдада радал гlуж.

2
Хвараб ралъад буго дунялалъул бищунго гlобегlанаб бакlалда. Дунялалъул океаналдаса гьеб буго 402 метралъ гlодобегlан. Гьелъул лъимги буго дунялалда бищунго цlамхlалаб.

3
Ордоналъул бищунго жанубияб шагьар Аккаба.

4
Вади Рум гlоблъи.

5
Вади Румь

6
Тlабигlияб пирамида.

7
Вади Румалда жидерго лъакlал тун руго гlемерал халкъаз ва цивилизацияз. Гьал руго Къураналда рехсолел Самудаз рахъарал петроглифал.

8
Бедуиназул ясал

9
Вади Румалда туризм цlебетlезабулеб буго нухмалъиялъ.

10
Бедуиназ жеги цlунун руго жидерго гlадатал.

11
Муса-аварагазе Набу магlарда лъураб зани.

12
Талмуталда рехсараб мазгарул борохь.

13
1932-соналдаса нахъе Набу магlарда гlагарлъухъ гlумру гьабун буго Францисканиял монахаз.

14
Монахал ахикь

15
Каву рахалеб букlараб гамачl.