Ираналдаса фотограф-документалист Милад Алай ккола Fars абулеб информационияб агентлъиялъул вукIарав хIалтIухъан. Ахираб заманалда Ираналдасаги лъутун гьес чIезе бакI балагьулеб буго Австриялда. Алайица Эркенлъи Радиоялъул Ираналъул хъулухъалъе лъазабуна жив лъутиялъе гIиллалъун кканин жиндир редакторас жинда тIасан гIарза хъвайин. Къануналда рекъон ритIухълъи балагьизеги жинда гьениб кIвечIин абун буго гьес. Гьесда гIунтIизабулеб букIун буго «жамгIияб пикру хвезабиялъул» ва «бусурбабазул идарабазде данде ругел информалаталгун бухьенал рукIиналъул» гIайибал.
Гьес абун буго Ираналда фотокорреспондентал ругьунлъун ругин цензураялде ва жив хIалтIулев вукIараб Fars агентлъиги лъалин Ираналъул исламияб инкъилаб цIуниялъул Копрусалъул мухъидаса тарулареб агентлъи хIисабалдайин. Гьес абухъе, улкаялда цере басмаязда кьезе бегьулел рукIарал сураталцин гьанже гьукъун руго. Масала, Ираналъул диванханаялъул системаялъ гьукъун бугин информалатазе президентлъун вукIарав реформатор МухIамад Хатамил суратал кьезецин щиб, гьесул цIар бахъизегицийин.
Гьанир нижеца кьолел руго Ираналда рихьизаризе гьукъарал Алайил цо-цо суратал.