Кризисалъулаб къокъа ккола коммерцияб гуреб гIуцIилъун. Гьелъул вакиллъаби хIалтIулел руго дуниялалда ругел гIемерисел улкабазда. Кризисалъулаб къокъаялъул хIалтIухъабаз регионазда бугеб ахIвал-хIалалъул хал-шал гьабула гьел регионаздаги щун.
Къокъаялъул Россиялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулейлъун ккола Екатерина Сокирянская. Гьей чанги нухалъ йикIана Шималибя Кавказалда, хас гьабун Дагъистаналда. Сокирянская чанги нухалъ дандчIвана Дагъистаналъул нухмалъулелгунги
Жибго Дагъистан экспертаз рикIкIунеб буго Шималияб Кавказалъул респбуликабазда гьоркьосан ахIвал-хIал бищун хIалуцараб регионлъун.
Политика ва бизнес республикаялда ратIатIун гьечIилан хъвалеб буго экспертаз. «Сулейман Керимов ва вацал МухIамадовал ккола дандеяллъун ва Дагъистаналда руго гьезул жидерго интересал», - илан хъван буго докладалда.
Экспертазул пикруялда рекъон, политикиял элитабазе кIудияб асар гьабуна Саид Амировасул аресталъ, кланазда гьанже лъалеб гьечIо жидерго политика кин цебетIезабилеб. Кланазул системаялда хурхун цIех-рех гьабизе кколин низам цIунулезилан хъван буго докладалда. «Гьеб система хвезабиялъул хIалтIи гьабичIони, Амировасда хадур хутIарал ресурсал цогидал кланаз жидедаго гьоркьор рикьизе руго, - ян хъвалеб буго докладалда ва тIаде жубалеб буго Амиров ва МухIамадсалам МухIамадов Дагъистаналдаса нахъе ун хадур даргиязул кланад къуват гьечIого хутIун ругилан, магIарулазул кланаз гьезул бакIал кколел ругилан.
Докладазул автораз рикIкIунеб буго Рамазан ГIабдулатIиповас
Пачалихъалда гIадамал Дагъистаналда божулел гьечIеблъи докладазул автораз бихьизабулеб буго шаригIаталъул диваналги мисаллъун рачун. Гьез хъвалеб буго ракьалъул суалалги, хъизаналъул суалалги мажгиталде имамасухъеги ун тIуралел ругин росабалъ ругел гIадамаз. Гьединго бизнесалъул дагIба-къецалги шаригIаталъул диванги гьабун тIуралел руго.
Терроралде данде къеркьеялдаги хъинтIун руго экспертал. Гьез рикIкIунеб буго, изну гьечIого яргъид гIуцIаразде данде низам цIунулел рагъулел ругин вахIшияб хIалалъ къуватги хIалтIизабун. Гьединго гьезул пикруялда рекъон, салафитаздехунги бербалагьи хисана Дагъистаналъул хIукуматалъул.
«Салафитазул ясли-ахал ва школаби къана, гьезул мадрасал къана, спортивиял клубал къана. Салафитазул диниял церехъаби хIинкъизарулел руго респблукаялда, гьезда гьоркьосан цо-цоял цогидал улкабазде гочана. Гьединго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул гIагаразе рахIат толеб гьечIо низам цIунулел идарабаз. Гьединаб рукIа-рихъингун къуваталъулаз жидецаго гIолилал рохьазде ине тIамулел руго», - ян рикIкIунеб буго экспертаз.
Гьеб гуребги докладалда хъван буго, гIадамал рикъиялъул ва чIваялъул хIужабазда хурхун низам цIунулез цIех-рехал гьарулел гьечIилан.
Экспертаз хъвалеб буго, Дагъистаналъул хIукуматалъ хIаракат бахъине кколин къуватги хIалтIизабичIого изну гьечIого яргъид гIуцIаразда данде къеркьезе.
Халкъазда гъоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъул Россиялда бугеб ваклиллъиялъул нухмалъулей Екатерина Сокирянскаялъ абуна «Эркенлъи» радиялъе салафитаздехун бугеб бербалагьи хIукуматалъ хисизе кколин.
Екатерина Сокирянская: «Дир гIиллаби гьечIо жеги кколебщиналъе критика гьабизе. Хасгьабун кланазул система хвезабиялъе гьабулеб хIалтIуе. Салафитазе гьарулел гьужумал дие рекIее гIолел гьечIо, амма гьезул ихтиярал унго-унго хвезарулел ругинги абизе бегьуларо. Амма гьездухун бугеб бербалагьи хIукуматалъ дагь-дагьккун хисибизе ккола. ХисичIони, ахIвал-хIал жеги хIалуцинабизе бегьула».
Гьединго Сокирянскаялъ абуна, батIи-батIиял хIакимазда хурхун низам цIунулез рагьарал такъсир гьабиялъул ишал щвалде рачине кколин. Гьел ишал халатрахъинаруле