Ссылки для упрощенного доступа

Гуржиязул демократия рищиязул цΙадирабазда


Гуржиязул парламенталъул рищиязда. 1окт2012
Гуржиязул парламенталъул рищиязда. 1окт2012

Гуржиялъ тΙоцебесеб октябралда тΙоритΙана парламенталъул рищиял. Гьезул хΙасилазда бараб букΙине буго улкаялъул политикияб курс. Гьеб ситуациялде жиндирго асар гьабулеб буго тΙасияб соналда улкаялъул президент Михаил Саакашвили хъулухъалдаса нахъе унев вукΙиналъги, исана Тбилисиялъул туснахъалда жанир ругезе гΙазаб кьеялъул скандал загьирлъун букΙиналъгиян риккунеб буго нижер радиоялъул мухбир Дейзи Синделарица.

Гьеб рищиязул хΙасилазда бараб букΙине буго Гуржиялъул политикияб букΙинесеб. Гьаркьал кьеялъул процессалде кΙудияб асар букΙанин абизе бегьула цебесеб моцΙалда Тбилисиялъул туснахъалда жанир ругезе гΙазаб кьеялъул хΙужжабазда хурхун загьирлъараб ахΙи-хΙуралъулги. Лагодехи, Батуми, Тбилиси ва цогидал шагьаралда рищарухъаби гьаркьал кьезе унел рукΙана гьеб туснахъалда ккаралда хурхун ракΙ хвеялъул, ракΙ буссиналъул асаргун.

Лагодехиялдаса вищарухъан: «Туснахъалда скандалалда хурхун дир хΙукму тΙубанго хисана. Дун гΙемер ургъулев вукΙана, кин гьаракь кьелебали. Гьанже дица хΙуму гьабуна гьелдасан инкар гьабизе. Дир гьел цΙакъ ракΙ хвезабуна»

Батумиялдаса вищарухъан: «Аслияб жо ккола, рищиял ракълилаб, гъалмагъирал гьечΙеб къагΙидаялда тΙоритΙиялъе шартΙал чΙезари. Гьеб мехалда бегьула рищиязул къоялъ гьениреги ун, нилъерго позиция загьир гьабизе.

Тбилисиялдаса йищарухъан: «Щалниги гьечΙо рищун рукΙиналъе мустахΙикъал. Я цояб рахъ я – цогидаб.»

Гьединал пикраби загьир гьарулел рукΙинго «Розабазул революциялъул» хΙассилалда Михаил Саакашвили президентасул хъулухъалде вачΙараб 2004 соналъцин бихьулеб букΙана гΙадатиябгуреб галилъун. Амма гΙемер лъикΙал хиса-басиял ккараб улкаялъул цебетΙей гΙуралъ тохлъана ахирисел соназда.

Дагьалъ цебе тахшагьаралъул туснахъалда ккаралъ гΙемерисел гуржиязул щаклъи баккизабулеб буго нухмалъиялъ жакъаги демократиялъул нух ккун букΙиналда. Гьединлъидал цо-цо экспертазда гьанжесел парламенталъул рищиязда гьаркьал кьей бихьулел буго Саакашвилил нухмалъиялъул курсалда хурхун референдум хΙисаблдаги.

«Либерали» абураб журналалъул бетΙергьанай ва редактор Шорен Шавердашвилица абулеб буго туснахъалда хурхараб скандалалъ «нейтралияв» гуржияв тΙамизе бегьулин протесталъул гьаракь кьезеян.

Шорен Шавердашвили: «Туснахъазул ихтиярал хвезари, гьезие гΙазаб кьей, гьел хΙакъир гьари биччангутΙиялъе системаялъул цогΙаги бутΙаялъ хΙаракатцин бахъун гьечΙо. Нухмалъи какулеб ва оппозициялъе гьаракь кьезе ракΙалде букΙараз гьеб гьаракь кьола оппозициялъе. Амма, дир пикруялда, лъие гьаракь кьезе бугебали лъан букΙинчΙел, рищиязе кΙвар кьоларел яги политикаялде кинабгΙаги интерес гьечΙел гΙадамал гьеб киналъго гьесизаризе бегьула гьаркьал кьезе иналде ва гьез гьел гьаркьал жакъасеб нухмалъиялъе пайдагун кьоларо.»

Саакашвилил ва гьес нухмалъулеб Цолъараб миллияб багъа-башари партиялъул хьул буго гьанжесел рищиязда гьаркьазул аслияб бутΙа щун бергьаиналъул. Гьединаб хΙассилалъ хадусеб соналда хъулухъалдасан нахъе унев Саакашвилица босараб курс щулалъизабизе бегьулаан. Амма гьанже «туснахъалъул» скандалалъул фоналда гьесие ва гьесул партиялъе цΙакъ къуватаб конкуренция буго миллиардер Бидзина Иванишвилица гΙуцΙараб «Гуржиязул анищал» абураб оппозицияб багъа-башариялъул.

Иванишвили ккола Гуржиялъул бищунго бечедав чи. Гьев гьавуна кΙудияб хъизаналда Чорвила абураб росулъ. Гьес лъугΙинабуна Тбилисиялъул пачалихъияб университет. Жиндирго цΙали гьес халат бахъинабуна Москваялда. Вахъана гΙелмабазул докторлъун. Совет Союз биххулеб мехалда гьев вукΙана икъбалал щоле бизнесчи. Россиялда гьесул бизнес хурхараб букΙана компьютерал ричиялда, хадуб цогидав партнергун цадахъ гьес рагьана банк.

Гьанже гьесул бизнес Россиялда букΙиналда бан, гьесул оппонентаз абулеб буго, нагагьлъун гьесул партия бергьани, гьес гуржиязул демократиял бергьенлъиял Москваялъе ричизе бегьулин.

Кавказалъул рахъалдасан эксперт Сванте Корнеллица абулеб буго, цо рахъалъан Иванишвилица гуржиялъул полтитикияб гΙатΙилъялда баланс чΙезабулеб бугин. Амма цогидаб рахъалъан балагьани, цебе рехсараб хΙужжаялда хурхун, гьесие гьесул миллиардаз квал-квал гьабулеб бугин. Хасго гьесул гΙуцΙиялъ гьабин абизе цΙияб жо загьир гьабулеб гьечΙолъиялда банила.
XS
SM
MD
LG