Жиндирго заманалда «Фол! ФИФАялъул балъгояб дунял: ришват, гьаркьазул макру-хIилаби ва билетазда хурхарал гъалмагъирал» абураб гьесул техьалъ багъаризабуна кIудияб сенсация ва халкъазда гьоркьосел бахIсал.
ЭР. - Дур макъалабазул цоялъул цIар букIана «Кколищ ФИФА гIуцIараб такъсирияб группа?» абураб. Кин гьанже дуца гьеб суалалъе жаваб кьезе букIараб?
Эндрю Дженнингс: «Гьеб гIуцIиялъул киналго элементал данде кколел руго «гIуцIараб такъсирияб группаялъул» гIелмияб къагIидаялъул бихьизабиялде. Гьелъул вуго гIатIидал ресал ругев, асар кIудияв лидер, гьесие халкъазда гьоркьосел матчазде балъго ричулел билетаздаса ва телетрансляцияздаса щолеб буго кIудияб гIарац. Гьеб гIарац бачIунеб буго ФИФАялъул счетазде ва гьеб хIалтIизабулеб буго такъсирияб машина хIалтIиялъе. Гьеб кинабго «такъсирияб хIаракатчилъи» абураб терминалде данде кколеб буго, щайгурелъул ФИФАялъул ишал тIуразарулеб комитеталъул гIемерисел гIахьалчагIаз пайда босулеб буго гьелдаса. Хасго билетазул «чIегIераб базаралда». Гьеб гIарац гIодосан тIаде унеб буго, гIуцIиялъул боссасухъе щвезегIан.»
ЭР. - ФИФАялда коррупция букIиналъул бицунеб тIехьалда дуца хъвалеб буго, духъ ругин документалиял далилалин. Щваравищ мун гьелгун диваналде?
Эндрю Дженнингс: «Дица ФИФАялъул коррупциялда хурхун дирго цIех-рех гьабулеб буго 2001 соналдаса байбихьун. Гьеб мехалда дихъе щвана ФИФАялъул нухмалъиялъ Швейцариялъул ISL (International Sport Leisure) абураб маркетингалъул компаниялъухъа ришват босун букIин бихьазубулел документал Германиялдаса ва Швейцариялдаса. Гьел рукIун руго Дунялалъул футболалъул къецазул телетрансляция гьабизе ихтиярал кьеялъухъ «откатал». Гьелъул къадар бахун буго нусго миллион долларалде. Дагьалъ цебе баянлъана гьединго, ФИФА цIиял коррупциялъулал скандалазде гъорлъе ккун букIиналъул хIужжбиги. Путин гIадал гIадамаз ФИФА бацIадаб бугин абиялъ, гьединал хIужжаби балъхъизе бажарулеб жо гуро.»
ЭР. - Дуца абулеб буго ФИФАялъул ишал тIуразарулеб комитеталъул къоло кIиго гIахьалчиясда гъорлъан анцIгоясде, диваналда цеве чIезавун, гIайибал гIунтIизаризе бегьулин. Кинал тайпаялъул гIайибал?
Эндрю Дженнингс: «Дунялалъул футболалъул ахирисел матчазул билетазул къадаралъул бащдалдаса цIикIкIун ФИФАялъ базаралде биччана. Мисалалъе, Камеруналъул вакил ва ФИФАялъул вице-президент ГIисса Хайатуда хурхун Швецариялъул диваналъ гьабулеб буго цIех-рех. Гьелдаго цадахъ Халкъазда гьоркьосеб Олимпияб комитеталъулги гьесда буго щаклъи ришват босиялъул. Босила цингиги Германиялда 2006 соналда тIобитIараб дунялалъул чемпионат. Германиялъул кIудияб бизнесалъ гьелъухъ кIуди-кIудиял ришватал кьеялъул хIакъалъулъ хъвалеб букIана немцазул газетаз ва гьелъул хIакъалъул документалияб фильмцин бахъун букIана.
Кинаб букIараб Жанубияб Африкаялъул республикаялда дунялалъул чемпионат? Блаттер цIакъ воххана 20I0 соналъул дунялалъул чемпионат ЮАРалъе щун букIиналда бан. Амма гьеб хIукму ЮАРалъе «жужахIалде» буссана гьелъул цебетIолеб эконимикагун. Улкаялда цере рахъана кIудиял проблемаби: рукъзал гIунгутIи, хIалтIи гьечIолъи, хIалтIул бакIал гIунгутIи… Блаттерил гьалмагъазин абуни, коррупциялъулъ къарал Жанубияб Африкаялъул республикаялъул политикал ккезаруна хIакъал халкъиял къваргIелазе гIарац хвезабичIого, цо нухалъ гурони хIалтIизаруларел стадионал раялде. Гьеб гIечIогоги мискIинаб республика ФИФАялъ махIрум гьабуна гьединго спонсораз кьолеб ва телетрансляциялдаса щолеб пайдаялдасаги. Гьединлъидал гьелъ жиндирго гIарац хвезабизе ккана лъиениги къваригIунарел стадиоал раялъе.»
ЭР. - Дагьалъ цебе Блаттериде гIайиб гIунтIизабуна Карибазул футболалъул цолъиялъе ришват кьунин абун. Амма ФИФАялъул этикаялъул комитеталъ гьев витIаравлъун вихьизавуна. Кинаб комментарий дуца гьелда бан гьабизе букIараб?
Эндрю Дженнингс: «Лъица Этикаялъул коитеталда гIадамал толел? Балаттерица. Гьеб ккола гьесул хасаб «кверзул» комитет. ФИФАялда сундол бугониги цIех-рех гьабулеб мехалда, рачине ккола лъиданиги рачIел экспертал. Цюрихалда гьес рагIи кьуна Этикаялъул комитеталъул цIиял гIахьалчагIи рихьизаризе. Гьелъ релъанхъизе бачIинабула. Гьеб ккола Аль Капонеца Чикагоялъул полициялъулал жиндирго хIаракатчилъиялъул цIех-рех гьабизе тIами гIадаб жо.»
ЭР. - ФИФАялъул президентасул рищиял альтернатива гьечIел рукIана. Кин гьеб гьедин ккараб?
Эндрю Дженнингс: «Блаттерие къваригIун вукIинчIо конкурент. Гьес жиндирго оппонентас добеги гьанибеги рикьулел рукIарал ришватазде берал къанщун рукIиналъул хIисаб гьабуна, хадуб цинтIаго, цIияб альтернатива балагьизе заман хутIичIеб мехалда, гьесда ракIалде щвана гьесул коррупциялъул хIакъалъулъ. ЧIезарурал къагIидабазда рекъон, гьеб гьабула кIиго-лъабго моцIалъ рищиязда цебе. Англиялъул футболалъул ассоциациялъ гьеб гали какана ва ахIана рищиял дагьалъ нахъ гьаризе. Амма ФИФАялда ругел Блаттерил рахъ ккураз гьев вищана цIияб болжалалъ. Дир пикруялда, дида данчIварал цогидал политиказго гIадин, Бллаттерицаги гIамал гьабулеб буго нихмалъиялда хутIизе.»
ЭР. - Кин дуда кколеб, 2018 соналъул дунялалъул футболалъул чемпионат тIобитIиялъухъ къеркьеялда Россия бергьин битIараб букIанищ? Бугищ гьеб ракI бацIадаб ва мустахIикъаб бергьенлъи?
Эндрю Дженнингс: «Гуро, дир гьединал пикраби гьечIо. Цогидаб рахъалдаса балагьани, щай гьеб Россиялда тIобитIизе бегьулареб? Амма гIурусазда цIакъ лъикI лъалаан, ФИФА бичун босизе бегьулеблъи, гьелъул ишал тIуразарулеб комитеталъул гIахьалчагIаз ришватал росулеблъи. Цо пуланаб къоялъ нилъехъе гьениб кинабго жо бичун босун букIиналъе далилал щвезе рукIиналда, дир ракI чIараб буго.»
ЭР. - Щай, дур пикруялда, лъицаниги рахъ кквечIеб ФИФАялъул президент хадув вищиялъул англиялъулазулги шотландиялъулазулги церелъеялъул рахъ кквечIеб?
Эндрю Дженнингс: «Щайгурелъул гьедин гьеб ккеялъе Блаттерица хIаракат бахъун букIиналъ. ФИФАялда гIемер чи вуго Блаттер вокьулев. Гьев вукIиналъ гурищха гьезул гIайбатаб гIумру бугеб. Гьел тIолабго дунялалда доре-гьанире щун рукIуна. Гьез гIумру гьабула бищунго лъикIал, бищунго хириял петеразда, Цюрихалда тIобитIараб конгрессалдаги гьезда цебе лъун букIана омаралгун цIакъ хирияб квен – Щибизе гьезие хиса-басиял? «Росизе те Блаттерица ришватал. Гьев лъикIав чи ккола» - ян рикIкIуна гьез. ГIицIго гьедин гурищха букIунеб унго-унгояб мафия!»
Гара-чlвари гьабуна Наталья Голицыналъ