МахIачхъалаялда буго искусствоялда хурхараб 4 ниги музей, руго чанго пачалихъалъулги, жалго гIадамал бетIергьанал галлереялги. Классикияб къагIидаялъ хIалтIулел художниказгун фотографазги, гьанжесеб искусствоялда тIад хIалтIулелзги жидерго выставкаби гьенир тIоритIулаан. Гьанже гьаб заманалъул искусствоялъул чагIазе рес щвана хас гьабун гьезие рагьараб централда жидерго хIалтIаби рихьизаризе. Дагъистаналда тIоцебе рагьараб гьанжесеб искусствоялъул центр гIуцIун буго «Я помощник президента» абураб жамгIияб гIуцIиялъул гIахьалчагIазул хIаракаталдалъун. Гьал къоязда гьеб центр рагьиялъул хIурматалда тIобитIараб данделъиялда гьеб рагьараз лъазабуна гьениб бокьарав чияс тIоритIизе бегьулила выставкабиги, цIализе бегьулила лекциял, рихьизаризе бегьулила мастер-классал. БатIалъи гьечIила гьев цIар арав художникищ яги гьанжего гьанже хIалтIизе лъугьарав фотографищила. Гьеб централъул куратор Дагъистаналъул мустахIикъав художник МухIамадов Апандица абуна гьединаб бакI некIого рагьизе кколаанила Дагъистаналда, гьанибгIадин гIемер творчествоялда хурхарал гIадамал ругеб бакIалда жеги гьеб центр букIинчIолъиялъ жамгIият нахъе ккезабун бугилан.
МухIамадов Апанди: «Гьаб центр рагьи гьеб тIолабго республикаялъе кIудияб лъугьа-бахъин буго, хасго творчествоялъул гIадамазе гьелъул цIакъго кIудияб кIвар букIинарищха. Нилъер гьаниб гIадин гIемер творчествоялда хурхарал гIолилал ругеб бакI балагьизе захIмат буго. Хасго ахирал саназ гьезул къадар цIакъго гIемерлъана, гьаниб хас гьабун абизе ккола Дагъистаналда фотоискусство цебетIолеб бугеб куцалъул. Гуро, бертабалъ суратал рахъулел чагIазул гуро дица бицунеб бугеб, гьелги гIемерлъун руго, амма гIарцуе гIоло гурел гьадинго жидеего бокьун фотоискусствоялде руссарал гIемер гIолилал руго нилъер. Дида ккола гьаб центр цIикIкIунисеб нухалъ гIолохъанал творчествоялъул чагIи данделъулеб бакI букIинилан. Гьедин ккани гьеб битIарабги букIина, гьел цоцада лъазе ккола, гьезул чанги цадахъал проекталги рижизе бегьула. Гьеб киналъего санагIалъи бугелъул гьаб централъул. Бокьани гьанир художественниял, бокьани фото выставкаби тIоритIизе бегьула, бокьани лекциял цIализе бегьула. Щиб гьабуниги искусствоялъул гIадамазе кигIан бокьаниги ресал кьолел руго гьаб централъ».
Центр рагьиялъул хIурматалда «Позитив и Негатив» абураб цIаралда гъоркь гьенибго тIобитIана Дагъистаналъул фотографазул выставкаги. Гьенир рихьазарун руго I7 авторасул 70 ниги сурат. Гьел суратаз жакъа къоялда Дагъистаналда бугеб гIумрудул батIи-батIиял рахъал рихьизарулел ругин абулеб букIана экспозициялде рачIараз. Гьел суратазда рихьизе бегьула ралъдал рагIалда бакъалда регарал гIадамазда аскIосан унел гIачиялги, цIад бан хадуб рахъарал иххазулъ кагътил гуми риччалел лъималги, батIи-батIиял заналги, херал гIадамазул портреталги.
Дагъистаналъул цIар рагIарав художник Мусаев Тимурил рагIабазда рекъон цойгидаз тарих гьабулеб батани, гьеб нахъецIуниялъе хIалтIи гьабулел чагIи кколел руго фотографал. Хасго Дагъистаналда фотографасе кьижичIого гьабизе хIалтIи бугин рикIкIунеб буго гьес. Гьаниб гIадин батIи-батIиял гIадамги, лъугьа-бахъиналги, рукъзалги, тIабигIатги кибниги гьечIин, гьеб бихьизабизе, гьелъулъ бугеб берцинлъи бихьизабизе, гьеб цойгидаздаги бичIчIизабизе хIаракат бахъизе кколила фотографасилан рикIкIунеб буго гьес. Дагьабги цIакъ гьеб фото искусство цебетIеялъе кIвар букIине бугила гьеб цIияб гьанжесеб искусствоялъул централъгийилан абулеб буго гьес.
Тимур Мусаев: «Дагъистаналъул фотограф гьев вуго гIодов вукIун чIезе заман гьечIев чи. Кинха гьев гIодов чIун вукIун тIубалеб гьеб заманалда жаниб гьаниб гIумру кутакаб къагIидаялъ чваххун ине букIунелъул. Гьоркьоса къотIичIого лъугьунел батIи-батIиял лъугьа-бахъинал, кирниги гьечIел гIадал берцинал гIажаибал гьурмалги гьунаралги ругел гIадамал, щибго кIочон тезабулеб берцинлъиялъул тIабигIат гьеб киналъго рахIат толаро фотографасе. Гьелъ ратила гьанже цо дагьал ресалги цIикIкIиндал гьеб махщел тIаса бищулел гIолилал гIемерлъулел руго. Гьаб цIияб централъги гьел творчествоялда хурхарал гIолилазе чанги ресал кьолел руго. Дун воххарав вуго гьезда гьеб берцинлъи бихьулеб букIиналдаса. Фотоаппараталъул объективалъусан дунялалъухъ балагьарал гьезда гьелъул лъикIабги квешабги рахъги мухIканго бихьулеб буго. Гьезул руго батIи-батIиял хIалтIаби, гьезда гьоркьор руго батIи-батIиял, ричIчIизе захIматал хIалтIабиги, амма гьел киналго руго балагьизе гъира базабулел».
Централъул нухмалъиялъул рагIабазда рекъон августалъул ахиралда гьеб выставка къан хадубго цун, гьениб рагьизе буго Дагъистаналъул гьанжесеб искусствоялъул къагIидаялъ хIалтIулел Дагъистаналъул художниказул экспозицияги.