26 октябралда тIолгодунялалъул бусурбабаз кIодо гьабулеб буго ГIид аль-Адгьа ай Къурбан-байрам. Гьеб къоялъ бусурбабаз хъола бищунго лъикI хьихьарал, киналниги гIужал рачIел хIайванал. Тlадегlанав Аллагьасе гlоло жиндирго вас Исмагlилцин къурбаналъе кьезе разилъарав Ибрагьим аварагасул адаб гьаби ккола гьеб. Къуръаналда хъвавухъе, васасул бакIалда хъвазе Аллагьас Ибрагьимие кьола рас меседилаб куй. Цо-цо баяназда рекъон, байрамалъул заманалда бусурбабазул улкабазда хъвезе буго 100 миллионгIанасеб хIайван. Гьеб гьанал цIикIкIунисеб бутIаги мискиназе бикьизе ккола.
Къурбан къо

1
Къурбаналъе хъвезе ругел чахъаби, Астана, Казахстан

2
ДугIа

3
Афгъанистан

4
Афгъанистаналъул Гъазни провинция

5
СагIудиязул ГIарабиялда

6
Пакистаналда Къурбан-байрамалде ричизе унел варанаби

7
Пакистан

8
Сирия, Алеппо шагьар

9
ГIиракъалъул Диялалъул базаралда хъвезе жо бищулел гIадамал