Киналго тадбирал ругеб бакIазде низам цIунулез хал гьабун гурого рорчIизе рес гьечIолъиялъ гIадамазул халатал иргаби гIолел рукIана, медикияб кумак гьабулел волонтераз лъазабухъе, чанго чисе квеш лъугьун буго. Шагьаралда хьвадулеб букIинчIо транспорт, хIакимзабазул автомобилал гурого. «Городское такси» абун хас гьабун байрамкъоялъ хьвадизе ахIун рукIана МахIачхъалаялдаса таксиял, амма гьездаги шагьар лъалеб букIинчIо. Байрам: гIадатиял гIадамазул ва хIакимзабазул беразда кин гьеб бихьарабали суратазул галерея хIадур гьабуна Алдашева Алисаца.
«Дербент-2000»: гIадамал батIаго, хIакимал батIаго
Дербенталъе 2000 сон тIубай кIодо гьабулеб байрамалъул тадбиразда гIуцIарухъабазда рачIине ракIалда рукIаралдаса гIемер гIадамал рачIанин баян гьабуна Дагъистаналъул Миллияб политикаялъул министр Татьяна Гамалейица.

1
Эркенлъиялъул майданалда эркенаб кьурди

2
Эркенлъиялъул майдан

3
Шагьаралда хьвадизе рихьизарурал таксиял рукIана МахIачхъалаялдаса ва шагьар гьещда лъалеб

4
Цебесеб заманалъул базар

5
Халкъияб махщалил цебебоси

6
ХIакимзаби. Гьезие гьабураб байрам

7
Табасараназул ессарухъаналъул гьунар

8
Дербент

9
Нарын-Хъалаялда тIадегIанал гьалбал

10
Лазатбахъиял ругониги пашманлъуларел гIадамал

11
КъачIачIел, берзукъал бакIал цересан баннерал ккун руго рахчун

12
Концерт

13
Дербенталъул лъимал

14
Дербенталъул вокзалалда чIорогоял электричкаби

15
Дербенталъул бакънал