Ссылки для упрощенного доступа

МахIачхъалаялда тIобитIизе буго гIолилазул данделъи


Ноябралъул 26-27 абилел къояз МахIачхъалаялда тIобитIизе буго Дагъистаналъул гIолилазул данделъи. Гьениб гIахьаллъи гьабизе буго тIолго республикаялдаса 900 чияс.

Гьеб гIуцIулезул рагIабазда рекъон, рехсараб данделъиялда цере руго гIолилазул гIумруялда хурхарал кIвар бугел суалал.

Дагъистаналъул гIолилазул данделъи гIуцIулеб буго республикаялъул гIолилазул комитеталъ ва жамгIияб палатаялъ. ГIуцIарухъабазул комитеталъул нухмалъулев Къурбанов МухIамадил рагIабазда рекъон, республикаялъул гIолилазул тIоцебесеб съездалда цере ругел аслиял масъалаби руго халкъазда гьоркьосеб гьудуллъи щула гьаби, гIолилазда патритотизм малъи ва тIолгореспубликаялъулаб гIолилазул политикаялъе кьучI лъей.

ГIахьалчагIи рищун руго щибаб мухъалдаса ва шагьаралдаса, жамгIиял ва гIолилазул данделъияздаса, диниял ва лъайкьеялъул идарабаздаса ва гьединго цоги регионазда гIумру гьабулел дагъистанияздаса 18 соналдаса 35 соналъул ригьалде щвезегIан.

Данделъиялъул тIоцебесеб къоялъ, 26 ноябралда гIолилазул 900 чи рикьизе руго анцIго группаялде ва щибаб группа хIалтIизе буго президент Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабураб анцIго тIасабищараб проекталда тIад. Гьединал проектал цере лъун рукIана президентас хъулухъалде щварабго лъагIалил байбихьуда. Гьел ккола «экономика бацIцIад гьаби», «территориалияб цебетIей», «Дагъистаналде инвестициял», «ГIадлу ва хIинкъи гьечIолъи» ва гьел гурел цогидалги.

КIиабилеб къоялъ гIуцIарухъабазул рагIабазда рекъон, данделъиялда цере рахъине руго жамгIияб палатаялъул нухмалъулев ХIамзат ХIамзатов, гIолилазул комитеталъул нухмалъулев Заур Къурбанов ва цо-цо делегатал. Хадуб букIине буго щибаб проекталда тIад хIалтIарал гIолилазул группабазул хIалтIул хIасилал гьари ва къабул гьабизе буго данделъиялъул резолюция абун бицана «Эркенлъи» радиоялъе гIуцIарухъабазул цояв, жамгIияб палатаялъул гIолилазул политикаялъул комиссиялъул нухмалъулев Къурбанов МухIамадица.

Дагъистаниязул, гIолилазул ва жамгIиял хIаракатчагIазул батIи-батIияб пикру буго рехсараб данделъиялда хурхун. Цо-цоязул пикруялда рекъон, гьединаб данделъи буго гIолилазул политикаялда гьабулеб кIудияб гали ва пачалихъалъ ва республикаялъул нухмалъиялъ битIараб хIалтIи гьабулеб буго гьеб рахъалъ. Амма камулел гьечIо съездазгун данделъияз кинабгIаги хIасил кьоларо абураб пикру загьир гьабулелги.

МахIачхъалаялдаса гIолохъанав жамгIияв хIаракатчи, цевеккун гIолилазул комитеталда хIалтIун вукIарав ХIажиев ХIажил пикруялда рекъон, жибго данделъи гIуцIи лъикIаб хIалтIи буго, амма гьеб гьабизе кколаан тIалъиялъ гуреб, жамгIиял гIуцIабаз.

ХIажиев ХIажи: «Дица рикIкIуна гьединал данделъиял нилъер гIолилазе хIажатал ругин. Амма гьел гIуцIизе кколаан хIукуматалъулгун бухьен гьечIел жамгIиял гIуцIабаз. ХIукуматалъ гIуцIарал данделъиял рукIуна цо театралда релълъарал жал, унго-унгоял масъалаби гьенир гьоркьор лъоларо. БатIияб иш буго Дагъистаналъул гIолилазухъ ракIбухIарал, нилъер республикаялъул ва жиндир ватIаналъул пикру гьабулел жамгIиял гIуцIабаз ва цоги хIаракатчагIаз гьеб данделъи гьабуни. Щайгурелъул гIолилазул масъалаби гьоркьор лъолел гьединал данделъаби республикаялда гьечIо. Гьединал данделъаби зама-заманалдаса гьаризе ккола».

ГьабсагIаталда Дагъистаналъул гIолилазул аслияб масъала буго гьезда гьоркьор радикализмалъул, экстремизмалъул пикраби ракки. Амма республикаялъул нухмалъулез гьединал данделъияздалъун рехсараб масъала роцIцIунаро ва гьеб гIададисеб хIалтIи бугилан рикIкIунеб буго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугIалим, гIолилазул клубалъул гIахьалчи Нугъаев МухIамадица. «Эркенлъи» радиоялъе гьес гьадин бицана.

Нугъаев МухIамад: «Киналго гIолилазул масъалаби руго хIалтIи гьечIолъиялъ. ЦIалул идараги лъугIун арав чиясда ине бакI батулеб гьечIо. Нус-нус хIалтIи гьечIел, хьул къотIарал, тIалъиялда ва пачалихъалда божилъи гьечIел гIолилал унел руго радикализмалде. 200 азарго цIалул идараги лъугIун хIалтIи гьечIел гIолилал руго Дагъистаналдагун респубика тун къватIир. Гьеб кинабго масъала буго тIалъиялъул. ТIалъиялъул буго гьеб масъала роцIцIине гIураб ресги къуватги. Амма гьелъул бакIалда гьарулел гьал чIорогоял данделъиял руго жидеца хIалтIи гьабулеб бугоян ккезе гьарулел тадбирал. Данделъи тIобитIун гIолилазул масъала роцIцIунаро. Гьел жакъа гьанир ракIарила, метер жидерго ишазде ина. ГIолилал ракIаризе кколаро, гьезул масъалаби роцIцIине ккола. Нахъойги абулеб буго, гьеб хIалтIи гьабизе рес буго гIицIго тIалъиялъул».

«Эркенлъи» радиоялъулгун гара-чIвариялда гьединабго пикру загьир гьабуна гIалимчи, диниял суалазул рахъалъ эксперт Руслан Къурбановасги. Гьесул пикруялда рекъон, данделъи тIобитIи буго цIакъго гьитIинаб хIалтIи. Гьеб гьабизе бегьула. Амма цохIо гIолилазе хасиятаб проблема республикаялда гьечIо, гIолилазул проблемаби роцIцIуна цадахъ экономикиял, социалиял ва цогидал масъалаби роцIцIун хадур.
XS
SM
MD
LG