Ссылки для упрощенного доступа

Лъицаха гьабулеб бугеб квал-квал Дагъистаналъе?


Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул документал рахъулеб мехалда
Дагъистаналъул Пенсиязул фондалъул документал рахъулеб мехалда

ГьанжелъагIан бикъа-хъамун пачалихъалъул гIарацгун жидеего «магIишат» гьабун ругьунал республикаялъул цо-цо хIакимзабазе данде кколеб гьечIин гьанже вачIарав цIияв нухмалъулесги хисараб тIалъиялъги гьабулеб гIадлуян рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи МухIамад Цезица.

Гьезги гьезда тIаде республика тун къватIиса къуватазги хIалбихьулеб бугин гьаниб жаниб ахIвал-хIал хIалуцинабизеян абураб пикру буго Цезил.

МухIамад Цези: «Щайгурелъул жанирги къватIирги гIезегIан чагIи руго хасал мурадал ругел».

Гьес мисалалъе бачунеб буго Сагид МуртазагIалиевас нухмалъи гьабулеб Дагъистаналъул Пенсиязул фондалда низам цIунулез дагьалъ цебегIан гьарурал тадбиразул. Маскабаз гьурмал рахчарал чагIаз бега-битIун лъуна гьеб мехалда фондалъул хIалтIи. Исана I июналда МахIачхъала бакьулъ вертолетги чIезабун тахшагьаралъул мэр СагIид Амиров туснахъалде вачун ун хадуб цогидал хIакимзабиги рачун унин абураб пикру лъугьун буго гIадамазул. Гьединлъидал Сагид МуртазагIалиевасда хадур рачIун рагIулин низам цIунулел абураб баянал раккана гьеб параялъго интернеталдаги. Цо-цо баяназда рекъон, гьез хал гьабулеб букIун буго лъимал гьарурал руччабазе пачалихъалъ кьолеб гIарцуда сверухъ Пенсиязул фондалъ хIилла гьабулеб бугищали.

Цевехун рехсарав МухIамад Цезица бицана гьединабго тадбир низам цIунулез миграциялъул хъулухъалдаги тIобитIанилан. Амма балъго хутIараб батани гурони, къватIибе загьирлъараб ахIи-хIур гьелъул бахъинчIо. Гьединго миграциялъул хъулухъалъул нухмалъулев ккола республикаялъул президентасул вац.

МухIамад Цези: «Дагьалъ цебегIан Пенсиязул фондалда, гьединго миграциялъул хъулухъалда гьединал тадбирал тIоритIизе хIалбихьиял гьарун рукIана. 2000 соназда Дагъистаналдеги вачIун, гIодоб зарги кьабун бакIалъул хIакимзабазе хIинкъаби кьолев цо генерал вукIана Колесников. АхIи-хIурги гьабун нахъе унаан гьев, гIадамалги рукIунаан релъулел. Хадуб киназдаго бичIчIизе лъугьана лъил тIадкъаялда рекъон хIалтIулев чи гьев вукIаравали. Гьебго заманалда республикаялда масъалаби камун ругин абулеб гьечIо. Гьел гьанир жанирго тIуразе ккола. Жакъа киназдаго лъала гъов Сагидил позицияги. Президентасги абулеб буго гIолохъанчиги вугин, хъачагъазеги цогидазеги къуркьичIев чи вугин. Гьес гьесул рахъги кколеб буго. Гьединал чагIазул кумек буго хIукуматалъеги тIалъиялъеги. Цогидал чагIазе къваригIун буго Сагид гIадинал чагIиги къезарун, президентасда аскIор жалго рукIине».

ПалхIасил, гьединал тадбирал низам цIунулез хас гьабун Дагъистаналъул нухмалъулев республикаялда гьечIеб мехалда гьабулеб бугин бицунеб буго жамгIияв хIаракатчи МухIамад Цезица.

МухIамад Цези: «Президентги гьанив гьечIеб мехалда гьединал жал гьаризе кколаро. Гьабулеб жо кинабго гъосда дандбазе ккола. Гьединал жал гIадамаздаги мекъи ричIчIулел руго, гьесул санги гьабичIого гьеб хIалтIи къватIисан гьабулебин кколеб буго. Гьабулеб ишалъул магIна букIине ккола. Къануналда рекъонги данде кколаро рагъулал операциялги цогидабги. ТIадежоялъе нилъ Россиялда жанир, ихтияразулаб жамгIияталда гIумру гьабулел чагIилъидал. БТРалги, УРАЛалги рачун, щивас жидее бокьа-бокьараб гьабуни, щибдай гьаниб ккела?»

ГьанжегIагар хIукуматалда букIараб данделъиялда Рамазан ГIабдулатIиповас жинцагоги бицана Пенсиязул фондалде низам цIунулез гьабураб гьужумалда тIасан пикру. ТIубараб аскарги бачун, хIалтIухъабазе гIакъуба кьечIого, лъабго цIех-рехчи вачIун вукIараваниха документазда хадув Пенсиязул фондалдеян абуна гьес. Гьениб гьес хас гьабун абичIо республикаялда ахIвал-хIал киса къуватаз хIалуцинабулеб бугебали. Абуна гIицIго гьаб хIапу-чапаралдаса рорчIизе ккани, киналго идарабаз гьабулеб ишги бицунеб рагIиги дандеккезабизе кколилан.
XS
SM
MD
LG