Тамерлан Царнаевас анкь бан буго жиндирго гIагарлъиялъухъ Гъизляралда. ЧIарада мухъалдаса гьесул эбелалъул гIагарлъи буго гьениб. Жидер гьудул-гьалмагъ МухIамад Карташовасда цадахъ тIоцеве вихьарав гIолохъанчияс хагазарун рукIанин шагьаралда гIемериселин бицана ЭР-ялъе Заур, Расим, ГIали абурал гIолохъабаз. Дагъистаналъе хасиятаб гуреб гIадаб ретIа-къайги, лага-черхги букIанила гьесул.
Заур Закаряевасул рагIабазда рекъон, Карташовас бицунеб рагIун бугоан гьесда Америкаялдаса рачIарал гьесул гIагарлъиялъе исламалъул хIакъалъулъ лъазе бокьун букIин. Гьел рукIун руго Царнаевазул эбел-эмен. Жал гIажаиблъун рукIанила Америкаялдасаги рачIун гьел чагIазе ислам лъазабизе бокьун букIиналда.
Гьелдаса хадув Дагъистаналде вачIингун Тамерлан гIажаиблъун хутIун вукIанин гьаниб батараб ахIвал-хIалалдасаян бицана ЭР-ялъе Заур Закаряевас.
Заур Закаряев: «Гьесда кколеб букIун буго гьаниб букIунеб куцалда цIа боркьараб рагъ унеб бугилан. Халкъ цоцалъ багъулеб бугилан. МухIамадица гьесда гIемер бицун бичIчIизабуна рагъулаб къагIидаялъ хIасил кьоларин, гьелъ гIадамазул ццим бахъинабулилан. Амма гьанибго бицине ккола живго МухIамадида полициялъ абулеб букIаралъулги. Дуе гьаб система бокьулеб гьечIебищ, дуе данде кколеб гьечIебищ? А дове рохьовеян гьедин батаниян абуна МухIамадида чанго нухалда полициялъулаз. Амма МухIамадица жаваб кьуна жив кивениги унарин, къануналда рекъон гIумру гьабизе бажарулеб жо букIин гьанивги чIун бихьизабилин жинца нужеда».
ПалхIасил, Дагъистаналъул яги Чачаналъул хIакъалъулъ Тамерланида лъалеб жо аслияб куцалда интернеталдасан рагIараб букIанин бицана Заур Закаряевас. Гьениб гIемерисеб мехалда кIодо-кIодо гьабун хъвалила. Амма Гъизляралда Тамерланида бичIчIизабун буго жакъа Дагъистаналда жибго халкъалъги рахъкквезе гьечIин жигьадалъул.
Карташовас Тамерлание лъикIаб асар гьабиялъе нугIлъун вуго Гъизляралдаса ГIали ГIумаровги.
ГIали ГIумаров: «Гьанив тукаде щведал, лъималаз абуна дов вугин Тамерлан (кьвагьи гьабурав – авт.), цинги интернеталде балагьана, дов вугоан… Досулги гIемер бицунеб буго, амма кин букIарабани Аллагьасда лъала. МухIамад Карташовасулгун гьесул гIагарлъи букIана, гьелъ ида гьев гьазул тукада гIемер вихьулаан. ЛъикIав вас вугин бицунаан гьев. Нижеца цадахъ какалги ралаан, цадахъ кваназеги кваналаан. Бицунеб жоги исламалъул букIана. БукIана гьесул цо дагьаб батIияб бербалагьи – рагъизе кколин абураб. Амма МухIамадица абуна жиндир пикру батIияб бугин, гIадамазда исламалъул берцинлъи бицун бичIчIизабизе кколилан. Гьесие рохьове ине бокьун бугилан бицун букIана МухIамадица, амма жиндиргун харбидаса хадуб гьесул пикруги хисанила. Гьедин дове нахъвуссун иналде рохьалъул хабар тIубан танин гьесин абун букIана».
Бицен гьабулел гIолохъабазул гьудул Расим Ибадановас абулеб буго рохьове ине хиялазда вукIаравани, Дагъистаналда вукIаго Царнаевас Россиялъул паспорт щвезе хIалбихьулароанилан.
Расим Ибаданов: «Метер-сезе рохьовеги ун чIезе ракIалда бугев чи Россиялъул паспорт гьабизеян лъугьинаандай? Лъугьинарин ккола дида. Гьедин МухIамадилгун харбидаса хадув, гьев вуссана рохьове иналъул пикруялдаса. Гьелъул бакIалда Тамерлан гIемер цIалдезе лъугьана. Гьев кутакалда хисана. Кинал пикрабигун гьев гьаниса аравали нусго проценталъ тIаде босун абизеги кIвелищха дида. Амма рохьове ине къваригIарав чиясул хьвада-чIвади батIияб букIуна, ислам лъазабизе къваригIарасул ишал батIиял рукIуна. Гьедин Тамерланилъги цIикIкун загьирлъулел рукIана гьеле гьел батIиял ишал».
Бостоналда ккараб теракталда тIасан гIезегIан суалал рижулел ругин абуна ЭР-ялъе Расим Ибадановас. Гьесул рагIабазда рекъон, масала, марафоналде рачIарал вацал Царнаевазул видео-суратал руго, амма гьелдаса хадуб полициялъулавги чIван, тукада хъамалчилъи гьарулел гьезул суратал кирниги гьечIо. Гьединго интернеталда буго полициялъ ккун унев Тамерланида релълъарав гIолохъанчи, эбелалъ абулеб буго гьев Тамерлан вукIанилан. Берцинго ккун вачун унев чи чIвазе щай кколев вукIаравалиги, гьединго церехун рехсарал хIужабазги кIудияб щаклъи бижизабулеб бугин жиндилъин абулеб буго Расим Ибадановас.
ГьабсагIаталда МухIамад Карташов Гъизляралда туснахъ гьавун вуго. Чанго къоялъ цебе исламияб къагIидаялда гьабулеб берталъе гIадамалги рачун унел автомобилазда ран рукIана гIараб мацIалда тIад жалги хъварал чIегIерал байрахъал. Россиялъулги Дагъистаналъулги гурони, батIиял байрахъал рорхизе изну гьечIин нужеринги абун, полициялъ гIадамал посталда ккун руго. Цинги гьениб гъалмагъирги багъарун чангоял полициялде рачун руго. Гьезда гьоркьов вуго МухIамад Карташовги. Гьесул гьалмагъзаби Закаряевасгун Ибадановас ЭР-ялъе бицана Тамерлание гIоло ургъунго Карташовасе гьабураб гъоркьчIел гьеб букIарабищали лъаларила, амма туснахъ гьавурав Карташовасухъе гьал къоязда ФСБялъул, хасал хъулухъазул вакилзаби ун ругилан. Гьеб мехалда адвокатги вукIун гьечIила аскIов, къануналда рекъон гьезул ихтияр гьечIила гьелъие.