Ссылки для упрощенного доступа

Радал бахъараб кьвагьи теракт гуро


9 октябралъул радал гIужалда МахIачхъалаялда кинаб бугониги теракт гьабичIо ва низам цIунулезде гьабураб гьужум ккечIо. Гьадин лъазабуна Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ. Гьез гьединаб лъазаби гьабиялъе гIиллаги ккана 9 октябралъул радал гIужалда МахIачхъалаялъул северияб рахъалда кIиго кьвагьи бахъин. Гьеб кьвагьиялъул гьаракь шагьаралъул цогидал мухъаздацин рагIанин абулелги гIемер руго.

Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялда бицухъе, шагьаралъул рагIалда бугеб рохьобе, техтерабазул кумекалдалъун, кьвагьи лъун рагIула. Гьединаб кьвагьи гьабиялъе гIиллаги букIанила гьенир чIей гьабун боевикал ругин абураб баян щвей.

Жанисел ишазул министерлъиялъул официалияб сайталдаги хъвалеб буго МахIачхъалаялъул рагIаллъабазда къуваталъулал идарабазул хIалтIухъабаз «рохьилал» ва гьез чIей гьабураб бакI тIатинабиялъул ва гьел тIагIинариялъул мурадалда хIалтIаби гьарулел ругилан. Гьелъул хIасил лъазелъун бухьен ккуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министерствоялъул пресс-хъулухъалъулгун. Гьеб идараялъул нухмалъулев Вячеслав ХIасановас бицана мухIканаб баян кьезе кIоларила ва жидедаги гьелъул хIасил лъаларила.

Вячеслав ХIасанов: «Гьаваялдасан кьабгIи щвезабуна гIадамаз гIумру гьабулареб, амма боевикал рахчун ругин абулеб бакIазда. Амма гьелъул хIасил ва щиб гьениб ккарабали абизе кIоларо. Гьеб буго Улка цIуниялъул министерствоялъе мутIигIаз тIобитIараб операция. Абулеб буго боевикал ралагьиялъул мурадалда киса-кибего хал-шал гьабулеб бугилан. Гьединлъидал, нижее баян кьолел чагIи гьел гурелъул, гьелъул мухIканаб хIакъикъат лъаларо».

9 октябралъул радал гIужалда бахъараб кIиго кьвагьиялъул дандерижи тIолабго шагьаралдаго рагIана. Сепараторазул мухъалда гIумру гьабун вугев аваразул щагIир ПатахIил МухIамадица бицана радалго бахъараб кьвагьиялъ гордалцин гьаргьадизарунин.

ПатахIил МухIамад: «Радал анкьго тIубараб гIадинаб мехалда бахъана цо квешаб кьвагьи. ЦIорол гордалцин гьаргьадизеги гьаруна гьелъ. Щиб-кинали бичIчIулебги букIинчIо, гьанже бокьараб бакIалда бахъунелъулха кьвагьи. Гьеб мехалда бахъана вертолетазул гьаракь ва хадуб рагIана гьеб букIун бугин рохьобе кьвагьулеб букIараб гьаркьил сас. Ракъдадасан кьвагьулаан гьанжелъизегIан, гьанже гьаваялдасанги кьвагьизе байбихьун буго. Ралъдадасан кьвагьулеб мех кида бачIинебали лъаларо».

Гьелда цебесеб къоялъин абуни, ай 8 октябралда полициялъул хIалтIухъабазулгун ккараб кьвагьа-гIанхъиялда чIвана лъабгояв. Гьезул кIигояв ккола Арсен ГIабдурашидов ва Ибрагьим Ибрагьимов. Гьадин лъазабуна терроралде данде къеркьолеб миллияб идараялъул вакилас. Лъабабилев чIварав вукIун рагIула автомобилалъул хважаин, ай таксистлъи гьабулев вукIарав чи. Терроралде данде къеркьолеб миилияб комитеталъ лъазабухъе, полициялъулаз буюрухъ кьедал автомобиль лъалхъизабунинги абун, гьелда рекIун рукIараз чIван рагIула таксичиги.

Терроралде данде къеркьолеб миллияб идараялъул вакил Дмитрий Поповас бицухъе, чIварал рукIун рагIула цереги 5 ва 8 сонги кьун туснахъалда рукIарал ва гьел унаанила изну гьечIого яргъид гIуцIаразул «Гъизилюрталъулаб» абураб къукъаялде гьоркьоре.

Дмитрий Попов: «ТакъсирчагIазул гьеб къукъаялъулаз гьаруна чанго терактал, хIал гьабун предпринимателазухъа бахъулаан гIарац, кьвагьизарулаан тукаби ва автомобилал, низам цIунулезде гьарулаан тIаде кIанцIиял».

Терроралде данде къеркьолеб миллияб идараялъул вакил Дмитрий Поповас бицухъе, чIваразухъ батун буго кIиго таманчаги кIиго гранатаги.

Автомобилалъул хважаинин абуни кколаанила полициялъул хIалтIухъан, хIухьбахъиялда вугеб заманалда бетIербахъи гьабизелъун таксистлъун хIалтIулев вукIарав чи. Гьеб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда лъукъун вуго полициялъул кIиго хIалтIухъанги.
XS
SM
MD
LG