ЛъарагIлъиялде гочарал магIарулазул росдал магIишатазда лъикIаб гуреб гIумру-яшав букIиналъул бицунеб букIана Бабаюрт мухъалда гIумру гьабулел ЛъаратIа районалъул магIишатазулгун районалъул нухмалъулезул данделъиялда. ГIемерисел магIишатазул нухмалъулез бицунеб буго районалдаса рикIкIад рукIиналъ ва жидергояб статус гьечIоголъиялъ гIемерал проблемаби раккулел ругин. «Джурмут» росулъа ГIабдулаев МухIамадица бицунеб буго жал пачалихъалъ рехун тун ругин щибниги кIвар гьабичIого. «Гьанир ракьал гьаризе ккарабго, пачалихъалъе колхозазе хIалтIизе ккарабго гьаниреги гочинарун гьанже кIварго гьабичIого тун руго ниж» - абун бицана гьес ЭР-ялъе.
ЦIакъго гIемер гIадамаз рехсолеб букIана лъим гьечIолъиялда бан рекьарал хурдул рижунгутIиялъул масъалаги. «Шедрин» росулъа ГIалихазумов АхIмадулагьица бицухъе, тIубараб рииялъ лъим букIинчIин каналазухъ ва жинца рекьарал помидоразул бащдалдаса цIикIкIун бачIин бакIаризе кIвечIин.
Дагьалъ цебе Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъиялъ къабул гьабуна ракьалъ лъалъаялъул иш цебетIезабиялъул хасаб республикаялъулаб программа. Гьелда рекъон, 20I4 соналде щвезегIан рехсараб масъала роцIцIиналъул мурадалда хIалтIизабизе буго 733 млн. гъуруш. Гьедин лъазабулеб буго росдал магIишаталъул министерлъиялъул сайталда. КигIанаб къадаралъ рехсараб гIарац хIалтIизабизе бугеб лъарагIлъиялде гочарал росдал магIишатазда ва кин гьеб харж гьабизе кколеб абураб суалалъе жаваб кьолеб буго росдал магIишаталъул министерлъиялъул мелиорациялъул бутIаялъул нухмалъулев КъурамухIамадов Къурбаница.
КъурамухIамадов Къурбан: «Цереккун колхозалги совхозалги рукIана, гьанже батIи-батIиял росдал магIишатал руго. Гьез тIоцере жидецаго каналал рацIцIад гьаризе ккола. Хадурккун нижеца гьез гьабураб хIалтIухъги балагьун, хIалтIул багьаги чIезабун гьезул хIалтIул 50 % гIарац кьола рехсараб хасаб программаялдаса. Гьеб жо гьабизе ккани тIоцебесеб иргаялда гьенир ругел магIишатазул нухмалъулез кьезе ккола киналго документал, ай кинабго харж гIарцул къадар бихьизабурал кагътал жиндир заманалда. Цинги экспертас къимат кьезе ккола кинабго гьабураб хIалтIуе ва рихьизарурал документазе. Гьелдаса хадуб гурони гIарац щоларо. Буго гьединго федералияб программаги. Гьеб хIалтIизе байбихьула 20I4 соналдаса нахъе».
Рехсараб программа халат бахъизе буго 2020 соналде щвезегIан ва гьелда рекъон киналго магIишатазда лъим чIезабиялъул суал рагIалде бахъинабизе бугилан хъван буго росдал магIишаталъул министерлъиялъул сайталда. Амма гIемерисел гьел магIишатазда гIумру гьабулел гIадамал божулел гьечIо гьелда. Гьез рикIкIунеб буго жибго халкъалъ гIуцIараб, хас гьабун каналал рацIцIад гьарулеб ва цIунулеб идара гIуцIани гурого, пачалихъиял идарабазухъ гьеб суал тани лъим чIезабиялъул проблема лъугIизе гьечIин. ЦIунтIа мухъалъул Бабаюрт бугеб Караозек абураб росулъа МухIамадов Салимица бицана киналго магIишатаздаса вакилзабиги рищун, жидецаго бащадаб къадаралъ киназего лъим чIезабулеб комиссия гIуцIичIого суал роцIцIине гьечIин. Цоязул лъим гIемерлъун ракьал гъанкъулел руго, цогидазул магIишатал ракъвалел ругоян бицунеб буго гьес «Дидоялъул харбал» абураб газеталда бахъараб макъалаялда.
Амма ЛъаратIа мухъалъул магIишатазда хIалбихьун буго жидецаго каналал рацIцIад гьариялъул суал роцIцIине. Исана ихдал росдал магIишаталъул бутIаялъул хIаракаталдалъун, мухъалъул нухмалъулез кумекги гьабун тракторги хIалтIизе байбихьана абун бицана ЛъаратIа мухъалъул росдал магIишаталъул идараялъул нухмалъулев МухIамадов ХIажияс. Амма бакIалъулал гIадамазул баяназда рекъон, лъим цIикIкIинчIо. Гьелъие гIиллалъун МухIамадов ХIажияс рикIкIунеб буго цохIо бакIалда хIалтIараб тракторалъул къуват гIунгутIи. Гьесул рагIабазда рекъон, пачалихъалъул ялъуни республикаялъул росдал магIишаталъул министерлъиялде тIамун тани гьеб иш киданиги роцIцIине гьечIо, гьединлъидал хIалбихьун буго жидерго къуваталдалъун масъала роцIцIине. «Амма гьеб бигьаяб иш батичIо, хасаб программаялъул кумек хIажат буго», - ян тIадеги жубана гьес.
Лъим гьечIолъи буго анцI-анцI цоги проблемабаздаса цохIо пробемаян рикIкIунеб буго Шедрин росулъа ГIалихазумов МухIамадица. Рехсана гьес риидалил мучIдузде гIи гочинабиялъул суалги. Гочарал гIадамаз хьихьарал гIемерал гIиял рехъаби риидал гьенирго тезе бегьулеб гьечIо, магIарухъе гочинги захIмат цикIкIараб хIалтIи буго. Цойги гьес бицана гьениб бугеб ракьалъул статус гьечIолъиялъул. Мисалалъе, паспорталда хъвай-хъвагIай гьабун буго магIарухъ ругел росабазда гIумру гьабун ругилан, хIакъикъаталда гIумру гьабун руго нус-нус километраз рикIкIад лъарагIлъиялда. ХIалтIулеб гьечIо почта, щоларо лъималазул пособие ялъуни херазе пенсия, гьечIо цоги льготал. ГьечIо пачалихъиял идараби, школабигун больницаял цин мухъалъулал идаразда жанире рачун, цинги лъарагIлъиялъул мухъазухъе кьолел руго.