Гьенисан щварал баяназда рекъон, низам цIунулез чIухь балеб букIун буго щаклъи ккарал гIадамазул рукъзабахъ. Гьединго ккун вачун ун вуго лъабго гIолохъанчи. Гьел цоцазе вацал ккола. Гьезул бищун кIудиясул гIумрудул сонал лъеберилъа рорчIун руго, гьитIинасул 25 сон буго.
ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Уздал-росдал бегавул РахIматула ХIасановас тасдикъ гьабуна гьел васал рачун ин. Амма гьев разилъичIо гьезул цIарал рицине, щайин абуни щаклъи ккун гурони, гIайибги тIадчIезабун гурелъулдила гьел ун ругел.
ЭР: «Нужер росулъе рачIун рукIарал гIолохъабийищ гьел, ялъуни гьенисаго чагIийищ?».
РахIматула ХIасанов: «Гьанисаго васал руго гьел. Низам цIунулезе къваригIун букIанин Буйнакскиялда вугев Сивухъа эмир абурав чи кквезеян рагIанаха дида».
ЭР: «Ярагъги батанин гьезул машинаялъубин хъвалеб буго…».
РахIматула ХIасанов: «Цо гранатаги запалги батанаха».
ЭР: «ДандечIей букIинчIебищ гъозул?».
РахIматула ХIасанов: «БукIинчIо. КIиго-лъабго росу буго нижер. Гьел васал вагьабиялищ рукIарал, щал рукIаралали дида лъаларо. Доре мажгиталдеги рачIунаан».
Цебесеб къоялъ, 20 июналда, Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъги тIибитIизабуна МахIачхъалаялдагун Каспийскалдаги ккунин ХIизбу-тагьрир партиялъул вакилзабиян абураб баян. Лъалеб букIахъе, Россиялда гьеб партиялъул хIаракатчилъи гьукъана 10 соналъ цебего.
Гьел салафиталги ХIизбу-тагьриралъулалги ращад ругин Буйнакскиялдаян бицана ЭР-ялъе гьеб шагьаралдаса инсанасул ихтиярал цIунулей Зарема Багьавудиновалъ. Суннитазда дандеккун гьел кIиязулго рагIи дандекколин бицана гьелъ, амма низам цIунулез кIудиял квекIенал гьарулила гьезие.
Зарема Багьавудинова: «Къануналда данде кколареб сундехунниги гьезул бухьен батичIонигицин, гьединаллъун гьарула гьел. Низам цIунулел хIалтIухъабазе захIматаб жо гуро гьеб. Рухун, кьабун, зулму гьабун, салафитал абурал гIадамал террористаллъун рихьизарула гьел. Гьелин абуни рукIуна кисадай жидеего бетIербахъиялъе чед-хинкI балагьилебин ургъулел гIадамал. Гьединлъидал «приорабаздаги» цогидал автомобилаздаги рекIун, хадуб халкквейги чIезабун кIанцIизе бакI тIагIинабула низам цIунулез гьезул. Гьедин лъутизарула дорехун, хадур дорасахун жидедаго данде рагъизе рукIине».
Гьелъ гIумру гьабулеб Буйнакскиялъул цIар гIемер рехсолеб буго ахираб заманалда низам цIунулез тIоритIулел хасал операциязулъги цогидалъулъги. Масала, 21 июналдаги тIибитIизабуна низам цIунулез гьенив ккурав 33 сон барав чиясул хIакъалъулъ баян. Абулеб буго гьес 2008 соналдаса нахъе хъачагъазе кумек гьабулеб букIанилан.