Гьанже щибаб росулъ цIуна-къай гьабизе щибаб росулъ, шагьаралда гIадатиял гIадамаздасан хасал къокъаби гIуцIизе кколин лъазабуна Дагъистаналъул президентас. Гьелъие гIарацги цогидабги балагьизе ресалги ралагьилила. Амма Дагъистаналдаса жамгIияв хIаракатчи Уладиев Сулайманица рикIкIунеб буго гьеб пикруялъул хIасил кколарин, гьеб бугин республикаялъул нухмалъулес ццим бахъукье абураб жо.
Сулайман Уладиев: «Гьединаб кIудияб балагьги тIаде бачIун, гьабизе жоги тIагIун тохлъукьего абун борчIун батила гьесухъа гьеб. Дагьалъ ургъун хадув, дида ккола гьел къокъаби гIуцIиялдаса инкар гьабилин гьесилан. Щайгурелъул нилъеда тIаде кIанцIилин лъугьарал чагIиги гьечIелъул. Жалго гьел къокъаби гIуцIунилан кьезе жоги гьечIо. Масала, къотIносан уней чIужугIаданалъул гурдида гъоркь букIине бегьула кьвагьулеб алат бахчун. Гъоре раккулелищ рукIинел росабалъ яги шагьаразда рорчIуда чIарал чагIи?»
ГьабсагIаталда республикаялда лъугьараб ахIвал-хIалалдаса рорчIиялъе гьадинаб нух бихьулеб буго Уладиевасда: «Дида ккола хIукуматалъул чагIаз букIа, муниципалиял гIуцIабазул бутIруз букIа, дуца я дица букIа – щивас цохIо жоялъул пикру гьабизе ккола: гьаб хIапу-чапар кин чIезабилебали ургъизе. Гьелъие дица щибдай гьабизе кколебан суал кьезе ккола, ислам тIибитIизабизе кколеб батани, гьебги гьабун, гIадамазда релълъун хьвадизе ккола… Гурони гьанже рахъун цIидасан тушбаби ралагьизе лъугьун, яргъилал хасал къокъаби гIуцIун, дол гъозде, гъол – гьазде тIаде кIанцIун – ахиралда гьелъул щиб ккелебали лъаларо. Гьаб Дагъистаналъул власть абураб жоги букIине ккола ритIухъаб, бацIцIадаб, гьел хIукуматалъул чагIазги нилъее сундулъго мисал бихьизабизе ккола. Гьеб мехалда халкъалъги ккола гьединаб власталъул рахъ. Нилъецаго гурони, нилъер ахIвал-хIал лъицаниги битIа-бишизабуларо. Цо щивниги вачIун гьеб гьабизегIан чIун руго нилъ парахат».
28 августалда ЧIикIаса тIарикъаталъул устарасул минаялъуб бахъинабураб кьвагьи кIудияб провокациялъун бихьулеб буго салафияб рикьиялъул рахъ кколев ЦIумада мухъалъул Лъондода росулъа гIалимчи ГъазимухIамадов Шагьрурамазан. Исана ихдал ТIарикъатчагIазулгун салафиязул рекъелалъе квербакъаразул цоявги ккола гьев.
ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: «Дагьалъ цебе шигIиязул мажгиталда Хасавюрталда гьабуна провокация. Гьале гьанже – ЧIикIаб… Лъие гьеб къваригIун бугеб? Щивниги тIадрекъолеб жо гуро гьеб, тIадрекъезеги кколаро. Гьелъул хIасил хадуб лъалаха. Батила цо провокация. Щайха тIатIалаго кколел ругел гьединал хIужаби? Щай гьев кIудияв чи – ЧIикIаса СагIидиде квер борхараб? Гьелъул кIвар лъие бугеб? Гьанжего-гьанже гурищ нилъ рукIарал КIудияб мажгиталдеги ракIарун, резолюциялда гъоркь кIиябго рахъалдаса гъулбасалги лъун… Кинабго жо рукIалиде бачIун букIана. Гьелдаса Дагъистанго бохунги букIана. Гьанжеги цо гIакъилал гIалимзаби, гIакъилзаби, хIакимзаби гIодорги чIун дандбазе ккола хадубкун щиб гьабилебали».
Информация тIибитIизабулел алатаздасан батIи-батIиял пикраби руго загьир гьарун ЧIикIаб ккараб теракталдаса тIасан. Цояз гIайиб гьабулеб буго тIарикъатчагIазулгун рагIи данде кколарезде, цогидаз абулеб буго нилъ, дагъистаниял, кинабалиго лъабабилеб къуваталъ цоцаде гьусулел ругин.
«Справедливая Россия» партиялъул Дагъистаналда вугев вакил ГIумаров ХIажимурадица хас гьабун ЭР-ялъе абулеб буго Дагъистаналъул халкъалъе къваригIараб питна гурин гьебилан: «Гьагъадин питнаялдаги кьалдаги рукIинегIан, рукIинчIого лъикI дунялалда. Ислам баккаралдаса, 1500 соналъ букIинчIеб жо ккана жакъа Дагъистаналда. Гьанже щивха хутIун вугев, Аллагьищха хутIун вугев Дагъистаналда чIвазе?!!!. Гьединабали киб гурин, жеги гьитIинабгицин жо ккани, цогидал бакIазда хIукуматалъул чагIи хъулухъаздаса нахъе уна, жидерго гьечIеб бажари бихьараб мехалда. Гъоле муфти чIвана. Ватаравищ такъсирчи? КъватIиб киназдаго лъалеб буго гьеб лъица гьабурабали, цIех-рехчагIаздаги гьезда релълъараздаги лъалеб гьечIо.
Гьеб балагьалдехун хIукуматалъул чагIаз букIине кколедухъ жидерго бербалагьи загьир гьабичIолъиялдасаги ракIбуссун бугоан ГIумаров ХIажимурадил: «Гьеб теракталъул хIакъалъулъ централияб телевидениялдасан информацияги цIакъ нилъ инжилъулеб хIалада кьунин ккана дида. Лъабго рагIи абизе бажаруларев следователь вуго цеве вахъун кIалъалев, кIиго рагIи абизе лъаларев чиясухъа босулеб буго интервью. Гъодинаб жо ккараб мехалъ кир ругел хIукуматалъул гаранталги, цIех-рехалъул комитетазул нухмалъулелги, цогидалги. Христианазул килисаялъул цодагьабниги гьитIинаб даражаялъул вакил чIван вукIаравани, хIукуматалда ругелщинал хIакимзаби ракIарулаан гъоре. Гьанирин абуни берцинго кIалъазе бажаруларел гIабдалзабилъун рихьизарулел руго гIадамал. Гьеб щиб политика? Республикаялдаги, гьеб бахун къватIивги машгьурав, гьединго гIалхул хIайваналъегицин зарал гьабичIев чиясе гъодинаб жо ккараб, хIукуматалде гъодинаб балагь бачIараб мехалъ цеве вахъине чигойищ гьечIев хIукуматалъул?»
28 августалда жиндирго рокъов кьвагьизавурав ЧIикIаса устар гIумруялдаса ватIалъанин абизе жеги-жегиги разилъулел гьечIо гьезул муридал. Гьеб жеги мухIканлъи гьечIеб жо бугин къокъго жаваб кьолеб бугоан гьез. ТIарикъаталъул устар ЧIикIаса СагIид-Апандихъе зияраталъ хьвадулаан Дагъистаналъул тIалъиялдаса байбихьун гIезегIан дагъистаниял.