Ссылки для упрощенного доступа

ХIужаби камураб тарих


Россиялъул тарихчагIаз хIадурулеб буго гьанже заманалъул тарихалда тIасан школлъималазе хъвараб цIияб тIехь.

Гьелъул цебеккунисеб материал 31 октябралда бихьизе кьун буго Россиялъул президент Владимир Путинихъеги. ТIехьалда тIад хIалтIизе тIадкъан буго тарихчагIаздагун, жамгIиял хIаракатчагIазда, мугIалимзабазда, гIалимзабазда. Дагъистаналъул рахъалдаса гьелда гъорлъ гIахьаллъулев вуго республикаялъул ГIелмияб Централъул нухмалъулев Хизри ГIамирханов. Гьеб централда цебе гIуцIараб тарихалъул институталъул вакилзабаз жидерго тIадкIалъаял ритIун руго Москваялде.

ГIезегIан тIадкIалъаял руго Чачаналдаса тарихчагIазулги. Масала, гьез гьарулелб буго советияб заманалда рукIарал жидер бахIарзалги рачейин гьенире гьоркьоре. Гьезие данде кколеб гьечIо 1990 соналда Ччаналъулгун Россиялъул букIараб рагъуе гьениб кьолеб бугеб къиматги. Гьелда бан тIасанкIалъаял гьарун руго Гелдыгеналъул школалъул мугIалим Салам МухIамадовас.

Гьединалго тIакIалъаял руго Россиялъул цогидал регионаздасанги. Щибаб регионалъе къваригIун буго жиде-жидер вакилзаби гъорлъе цIазе.

Россиялъул гьанжесеб тарихалъулгун политологиялъул институталъул вакил Сергей Журавлевас абулеб буго гьеб тIехьалда гIезегIан бакI кколеб бугин Шималияб Кавказалъ. Масала, гьениб бицунеб бугин 25 соналъ Россиягун вагъарав имам Шамилилги, цеве Дагъистаналъул вукIарав нухмалъулев МухIамадгIали МухIамадовасулги, Халкъияв шагIир Расул ХIамзатовасулги, гьединго Россиягун вагъарав чачаназул генерал Аслан Масхадовасулги, политик Руслан Хасбулатовасулги, чачаназул тIоцевесев президент АхIмад Къадировасулги.

Бицен гьабулеб цIалул тIехь хIадуриялда тIасан ЭР-ялъе жиндирго пикру загьир гьабуна Дагъистаналдаса тарихчи Тимур Айтберовас.

Тимур Айтберов: «ЦIалул тIехь хъвай хасаб махщел буго. ГIелмияб тIехь хъвай цо жо буго, цIалул тIехь хъвай тIубан батIияб жо ккола. Гьеб тIехьалда гIезегIан бакI кьезе ккола Россиялъул кьолболал халкъазе, улка тун къватIиб жидер хIукумат гьечIел халкъазе. Масала, немцал, белорусал, молдаванал рукIа, гьезие гьедигIан кIвар кьечIониги бегьила. Чачаназе, дагъистаниязе, татаразе ва цогидазе, гьезул къадар рикIкIун, цIикIкIун бакI тезе ккола.

Революциялда тIасан рагIула гьеб тIехь хIадурулезда гьоркьоб дагIба. Цоязе къварилъи ккун буго гьелдаса. Амма нилъее битI ккана гьелъул. Гъазават яги цогидаб сабаблъун рахъун, нилъеда кодоса рахъун ун рукIарал мугIрулги, ракьалги нилъехъего нахъруссана. Гьединго Сталинил репрессиязги цоязда балагьал рещтIинаруна гьезул гIалимзаби, нухмалъулел гъурун. Амма цоги рахъалъ босани, жалго гьел репрессиязул кIичIикьеги ккун, хIорлъана магIарулал рикьизаризе ургъулел рукIарал цогидазул хьулал».

ПалхIасил,бицен гьабулеб цIалул тIехьалда тIасан бахIсал руго жмагIиял хIаракатчагIаздаги, политиказдаги, журналистазги, цогидаздаги гьоркьор. Гьезул пикруялда рекъон, тIехьалде гъорлъе рачун гьечIо Россиялъул гьанжесеб тарихалда лъалкI тарал чагIи – политикал, олигархал… Масала, Ходорковский. Гьединго чачаназ абулеб буго азариде гIунтIун фашист тIагIинавурав жидер БахIарчи Нурадилов Ханпашаги вачине кколин гьениве.

ЦIияб тIехьалда батIайисан бицинехъин буго татаралгун монголазул заманаялъулги. Цебе рикIкIунаан Россия 300 соналъ букIанин гьезул кверщаликь. Гьанже гьезул бицинехъин буго Меседилаб Орда абураб пачалихъалъул букIараб цебетIеялъул рахъалдасан.
XS
SM
MD
LG