Дагъистаналда республикаялъул нухмалъулесул рищиязда цадахъ гΙемерал чанго батΙи-батΙиял муниципалиял рищиялги тΙоритΙана. Мухъазул нухмалъулезул рищиял рукΙана Хунзахъ, ГΙахъуша, ЦΙунтΙа, Кули мухъазда, Хасавюрт, Дербент ва Избербаш шагьаразда рукΙана шагьаразул парламентазде депутатазул рищиял. Гьездаго цадахъ рищиял тΙоритΙана чанго росдал администрацияздаги. Бищунго гΙемер ахΙи-хΙур букΙана Догъузпара мухъалъул Мискинджа росулъ. Гьенив бергьаравлъун рикΙкΙана «Цолъараб Россия» партиялъул кандидат. Амма гьесда данде вукΙарав «РитΙухъаб Россия» партиялъул кандидат Седредин Канберовас лъазабулеб буго рищиязул къоялъ мекълъаби гьариялъул чанго хΙужа тΙатун бугин. «Эркенлъи» радиоялъе гьеб хΙужаялда тΙаса гΙатΙидаб баян кьуна «РитΙухъаб Россия» партиялдаса гьел рищиязда хал гьабулевлъун вукΙарав Руслан Расуловас.
Расулов Руслан: «Догъузпара мухъалъул Мискинджа росулъ гьабун буго рищиязул хΙасилазул фальсификация. Гьенир гΙахьаллъарал ва гьелъие гΙайибиял руго Дагъистаналъул президентасул администрациялъул вакил, Дагъистаналъул жанисел ишазул минстерлъи ва гьез битΙараб хасаб рагъулаб группа, Догъузпара мухъалъул прокуратура. ГьабсагΙаталда нижер партиялъ гьел рищиязул хΙасил мекъаллъун рикΙкΙине гΙарза хъван буго ва диваналда гьеб тΙалаб гьабун къеркьезе руго ахиралде щвезегΙан. Дагъистаналъул тΙалъиялъ ва къуваталъул идарабаз гьединаб тΙадецуй гьабулебгΙан мехалъ республикаялда ритΙухъал рищиял рукΙине ва демократияб жамгΙият цебетΙеялъе киналгΙаги ресал гьечΙо. Нижер «РитΙухъаб Россия» партиялъул Догъузпара мухъалда вугев вакилас къого бюллетень цадахъ реххулаго квердаса ккун йиго гьебго мухъалъул администрациялъул финансовияб бутΙаялъул нухмалъулей Аскерова. Гьел бюллетенал нижехъе руго ва диваналъул процессалда хΙалтΙизаризе руго».
Муниципалиял рищиязул заманалда МахΙачхъалаялдаса административияб тΙадецуй гьабиялъул хΙакъалъулъ бицунеб букΙана киназдего гΙагарун мухъазул вакилаз. Гьелъие нугΙлъи гьабулеб буго киса-кирего президентас рахъ ккурал кандидатал бергьулел рукΙин. Оппозициялъул чагΙи рищияздецин щвечΙого киса-кирего кандидатураби рахъизе тΙамулел рукΙанин лъазабулеб букΙана гΙемерисел мухъазул вакилзабаз батΙи-батΙиял информалатазе ва социалиял сетазда.
Рищиязда мекълъаби гьариялъул хΙакъалъулъ бицунеб буго Коммунист партиялъул Дагъистаналда бугеб бутΙаялъул вакилзабазги. Гьез Дагъистаналъул рищиязул комитеталде, республикаялъул прокуратураялде ва Дагъистаналъул президентасухъе официалиял хитΙабал гьарун руго Дербент шагьаралъул депутатал рищулаго ритΙухълъи хвезабун бугилан. Партиялъул регионалияв нухмалъулев МахΙмудов МахΙмудица лъазабухъе, рищиязул къоялъ Дербент шагьаралда рищиязда халгьабулел Коммунист партиялъул вакилзаби риччалел рукΙун гьечΙо рищиязул бутΙаязде, полициялъул хΙалтΙухъабаз батΙи-батΙиял багьанабиги ратун гьел нахъе гъолел рукΙанин. Гьединго гьес абуна гΙемерисел рищиязул бутΙабазул бутΙруз жидецаго хьвагΙулел рукΙанин «Цолъараб Россия» партиялъе гьаркьал кьурал бюллетенал.
Дагъистаналъул рищиязул комиссиялъ информалатазе лъазабулеб буго киналго мекълъабазда хурхун материалал прокуратураялде кьун ругин жидеца. Амма Дербенталъул прокуратураялда щибниги рагΙун гьечΙо гьезул хΙакъалъулъ. Коммунист партиялъул вакилзабазул рагΙабазда рекъон, прокуратураги рищиязул комитетги кΙиялго руго гьел гΙарзазул хал гьабуни жидедего гΙайиб щолел чагΙи, гьединлъидал гьез гьеб хΙалтΙи рагΙалде бахъинабизе гьечΙо. Жидеца къанун цΙуниялда хадуб халкквезе кколел чагΙацаго хвезабулеб буго гьеб абун бицана партиялъул пресс-хъулухъалда.
Дагъистаналъул ЦΙех-рехалъул комитеталдеги киналгΙаги рищиязда мекълъаби гьарунилан абурал гΙарзал щун гьечΙо Дербенталдаса.
ГΙаммаб къагΙидаялъ Дагъистаналда батΙи-батΙияб даражаялъул рищиязда бергьана киналго президент Рамазан ГΙабдулатΙиповас рахъ кколел чагΙ. Экспертазул ва политологазул пикруялда рекъон, гьеб хΙужаялъ нугΙлъи гьабула республикаялъул тΙалъиялъ гъираялда ва махщалида административияб ресурс хΙалтΙизабулеб букΙиналъе. Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе политолог Руслан ГΙабдуразакъовас. Гьесул пикруялда рекъон, цΙияв президентас щула гьабулеб буго жиндирго тΙалъи. Жиндир заманалда Путиница Россиялда гΙадин, гьабсагΙат Рамазан ГΙабдулатΙиповасги нухмалъиялъул сурсат щула гьабулеб буго.