ЭР-ялъ цебеккун бицухъе, 24 октябралда Россиялъул телевидениялдасан Жириновскияс абуна Шималияб Кавказ маххул хьуриялъ сверун къазе кколила, гIемер лъимал гьаризе гьукъизеги кколила.
Гьесул гьеб кIалъаялъе букIине кколеб къимат кьоларого гьанжелъагIан щиб гьабулелин рукIарал Россиялъулгун Дагъистаналъул нухмалъулелги, Пачалихъияб Думаялда гIодов чIарав Дагъистаналдаса микьго депутатгиян бачIинахъего ахIи-хIур бахъинабуна сессиялда коммунистазул депутат МухIамад МухIамадовас. Цо террористас гьабулелдаса цIикIкIараб бугин Жириновскияс Россиялъе гьабулеб заралин абуна гьес. Щайин абуни миллатал рикь-рикьизарун, ахирги Россия биххун тIатIала ккеялъе хIалтIи гьабулеб бугила гьев чияс жиндирго кIалъаяздалъун. Жириновский гIадал чагIазе нилъ какизе багьанабиги нилъецаго ралагьулел ругила ричIчIуларелщинал байрамалги кIодо гьарун. Масала, Россиялда гъорлъе Дагъистан бачаралдаса 200 сон тIубаялда бан анкьалъ цебе МахIачхъалаялда кIодо гьабураб байрам ракIалде щвезабуна депутат МухIамадовас.
МухIамад МухIамадов: «Амма нилъеда лъала гьеб къотIи-къай агрессорал, кIиго пачалихъалъ - Россиялъгун Ираналъ гьабураблъи. Гьелъулъ щибгIаги гIахьаллъи гьабичIо Дагъистаналъ. ГIурус пачаясулгун Кавказалъ гьабулеб букIараб рагъ халатбахъана 50 соналъ. Имам Шамиль вагъана гьевгун 25 соналъ. Гьел хIужаби рукIинчIелани, гьанже къиматалда рукIинаан Таргъуялъул шамхалал. Россиялда гъорлъе Дагъистанги I92I соналда ана. Гьанже гIурус пачаясул низамалде тIадруссаян ахIулеб буго Жириновскияс. Гьелда тIадеги гьев чияс халкъ хIинкъизабулеб буго Сочиялда Олимпиада лъугIун хадуб Шималияб Кавказалда рагъ байбихьизе бугилан».
Миллатчилъиялъул магIна гъорлъ бугел кIалъаял Краснодар мухъалъул губернатор Ткачевасги гьарунин, амма букIине кколедухъ гьесдасаги лъицаниги жаваб тIалаб гьабичIин абуна коммунистазул депутатас.
Краснодар мухъалъул цIар бахъидал, Дагъистаналъул парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовасги рехсана гьезул гимналда ругел рагIаби.
(Гимналдаса мухъал)
МагIарулалде руссинаруни, бусургьаби гъуризелъун хвалде ине ахIи балеб буго гьениб. Жакъа къоялда гьединал рагIабаздасан гимн гIуцIи рогьо кколарищин гьикъана Дагъистаналъул парламенталъул спикерас. Гьелда бан диваналде гIарза хъвазе бугин абуна гьес.
Сессиялда гьединго бицен ккана 28 октябралда Краснодаралда «Кубань» командагун «Анжи» хIалеб мехалда Дагъистаналъул байрахъ бухIиялъул хIужаялъулги. Гьелда тIасан Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьер ХIажи МахIачевас кьуна прессаялдасан гьеб хIужаялъе къимат. Амма Дагъистаналъул нухмалъиялъе гьеб дандеккун гьечIоан. 3I октябралда гьез тIибитIизабураб лъазабиялда хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдусамад ХIамидовас лъазабулеб буго ХIажи МахIачевасда хадурккун хIукуматалъул цIаралдасан гьединал лъазабиял жидеда дандги бан гьарейилан. Гьеб хIужаялда бан республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов Краснодар мухъалъул губернатор Александр Ткачевгунги кIалъанин, доз дагъистаниязда тIаса лъугьаянги гьарулеб бугин.
Гьадинаб лъазаби гьабуна довго коммунистазул депутатас сессиялда.
МухIамад МухIамадов: «Нижеда кинго кIоларо Ермоловасулги, Чикатилолги, Жириновскиясулги, Будановасулги Россиялъул хIурмат гьабизе. Нижеца адаб гьабизе буго Пушкинилги, Толстоясулги, Ленинилги, Сталинилги, Чернышевскиясулги, Горькиясулги, Шолоховасулги, Андроповасулги Россиялъул».
Нилъер киназдаго дандеккун, кутакалда рекъезабун хабар бицине лъан бугин Владимир Жириновскиясдаян абуна сессиялда республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьеб бугила гьесул чед. Амма жиндие гьесул гурила бицине бокьун бугеб. Жиндир кутакалда ракI унтун бугила Дагъистаналдацин гуреб, Россиялда.
Рамазан ГIабдулатIипов: «ГIурус халкъалъул рахъккун къватIире рахъине Жириновский гIадал чагIи гурони ратичIони, кутакалда ракIгурхIизе ккола гьезда. ГIурус чияс Жириновскиясе хъат чIвалеб батани, миллияб къадру гьечIев чи ккола гьев. Балагье нуж цо Дагъистаналда террористалги, Россиялда миллатчагIиги Россия биххиялъе цадахъ рекъон хIалтIулел ругеб куц».
Москваялда бизнес бугел дагъистаниязде гьарулел ругел гьужумазулги бицана сессиялда. Масала, спикерас абулеб бугоан миллатчилъиялъул масъалаялъе гIоло гьезул цо-цояз жидерго цIаралгицин хисизе кколел ругин. Масала, Бирюлевоялъул базаралъул бетIергьан Гьидалъа Ибрагьим ХIажиевас Игорь исаев абун цIар хисун буго.
ПалхIасил, гьел киналго хIужабазда бан дагъистаниязул рахъккун кIалъалев чи Пачалихъияб Думаялда ругел дагъистаниязул гьечIин аби рекIее гIечIо Москваялдаса вачIарав депутат ГIумахан ГIумахановасе.