Ссылки для упрощенного доступа

РичIчIинищ гIорцIаразда ракъарал?


РакъунчIеялъул акциялда гIахьаллъулел руччаби
РакъунчIеялъул акциялда гIахьаллъулел руччаби

24 декабралда ЦIияблак мухъалдаса МахIачхъалаялде аскIоре гочинарурал тумазул руччабаз лъазабун буго ракъунчIей. ХIукуматалъ жидее букIине кколеб ракьги, гIарацги, минабиги кьолеб гьечIила 15 соналъ, гьезда жидер божилъиги хун бугилан, гьединлъидал гьел тIалабал загьир гьарун байбихьанила жидеца акцияйилан лъазабулеб буго ракъунчIараз.

ЦIияблак мухъалдаса гочинарураз лъазабураб ракъунчIеялъул акциялъулъ тIоцебесеб къоялъ 15 чIужугIаданалъ гIахьаллъи гьабулеб бугила, амма гьезул къадар дагьабги цIикIкIине бугилан, руччаби гурони бихьиналги рачIине ругила гьелъулъ гIахьаллъизейилан абулеб буго ракъунчIей лъазабураз.

Аслияб къагIидаялъ акциялъулъ гIахьаллъи гьабулеб бугила ЦIияблак мухъалдаса гочинарурал, гьанже Хъумторхъала мухъалда гьоркьобе унеб Шушия росдал гIадамаз, гьезулгIан захIматаб хIал цойгидал росулъ ругел гIадамазул гьечIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда ракъунчIеялъул гIахьалчIужу ва жамгIияй хIаракатчIужу Багирчаева Эльмираца.

Багирчаева Эльмира
Багирчаева Эльмира

Эльмира Багирчаева: «Жакъа, 24 декабралъул радалалдаса нахъе нижеца ракъунчIей лъазабун буго. Гьеб буго чара къосиналъ байбихьараб иш. Нижее расги къваригIун букIинчIо квачанги ракъунги холаго гьаб гизмаялда рукIине, амма тIокIаб рес гьечIо нижер. Ниж, гочинаруразул, къисматалъул лъиениги ургъел гьечIо, нижер къварилъи тIалъиялъ жидеего санагIалъияллъе хIалтIизабуна.

Нижер 5 гIелалъе гIураб гIан гIарац бикъана гьез. КидаллъагIан ниж гьадин авлахъалде реххарал гIабдалзаби гIадин рукIинел. ЧIалгIана нижеда хъвадарунги, митингал тIоритIунги, тIалъиялъул вакилзабигун дандчIванги, нухалгун –кьоял къанги. 15 соналъ руго ниж нижее кколеб жо тIалаб гьабулел. ХIукуматалъ гьаризе кколаан нижее минабиги, гочинаруралъухъ ва нижер хвараб магIишаталъухъ рецIалил гIарацги кьезе кколаан.

Нижее гьелъул 20 процентцин щвечIо. Рарал рукъзалги руго риххун инел, гьезда жаниб гIумру гьабунцин бажарулеб хIал гьечIо. Цойгидал нижер гочинаруразул росабалъ газгIаги буго. Нижер Шушия росулъ газ гьечIо, бащадаб мехалъги ток букIунаро, лъим гьечIо, хьвадизе транспорт букIунаро, хIалтIизе бакIал гьечIо. Росдал магIишаталдалъун яшав гьабизеги рес гьечIо ракь гьечIолъиялъ, гьел церехун рехсарал тIалабазда гьоркьоб бищун цебе нижее къваригIун буго къануналда рекъон нижее хIукуматалъ кколеб ракь кьезе».

Шушия росулъ
Шушия росулъ

Гьединго Эльмираца бицана жидеца ракъунчIей 17 декабралдаго байбихьизехъин букIанила, амма мухъалъул тIалъиялъул вакилзабаз ва тумазул миллияб жамгIияб гIуцIиялъул гIахьалчагIаз гьаранила жидеда гьеб анкьица нахъ бахъейилан.

Гьеб болжазда жаниб республикаялъул тIалъиялъухъе ине ругила жал гочинаруразе чIезаризе кколел шартIазул бицун, гьелъул хIасил ккезегIан байбихьугейила гьебилан. Гьаб нухалдаги жидер божилъи хвезабунила ЦIияблак мухъалъул нухмалъиялъ, гьединлъидал жал тIокIаб сундухъниги балагьизе гьечIила, жидер тIалабал тIурачIого цониги тIалъиялъул вакиласухъги гIинтIамизе гьечIилан лъазабуна гьелъ.

РакъунчIей лъазабураз гIуцIараб тIалабазул сияхIалда гьоркьоб бищун цебесеб кьерда буго Шушия росулъ школагун лъималазула ах байги, нухал къачIайги газ бачинги. Гьез лъазабулеб буго жидерго росуги тун, магIишатги реххун тун хIал гьабун кIицIулниги гочинарурал гIечIого пачалихъалъ жидер ихтиярал хвезарулел ругилан.

ХIукуматалъ гочинаруразе рарал минаби риххун инел ругин лъазабулеб буго гIадамаз
ХIукуматалъ гочинаруразе рарал минаби риххун инел ругин лъазабулеб буго гIадамаз

Гьезул рагIабазда рекъон Шушия росдал лъимал къойил чанго километралъ хьвадизе кколел руго аскIор ругел росабазул школазде. Гьел хьвадизе сахал нухалгицин гьечIила жидер росулъ, хIарщулъанги гIазулъанги сундухъго балагьичIого хьвадулила жидер лъимал школазде.

Гьединго гьез цIакъ кIудияб кIвар буссинабейилан лъазабулеб буго росулъ газ ва ток букIинабиялде. Гьезул росулъе газ 8 соналъ цебего бачанилан абурал документал ругила, амма гьеб цониги рокъоб гьечIилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Багирчаева Эльмираца. Гьелъул рагIабазда рекъон МахIачхъалаялъул газалъухъ гIарац бакIарулеб идараялъул хIалтIухъабиги рачIунел руго гьезул росулъе гьезего гьечIеб газалъухъ гIарац бакIаризе.

Чанго нухалъ росдал гIадамаз росулъе газ бачине къваригIун бугин абун гIарацги бакIарун букIун буго, амма цохIониги нухалъ гьеб иш рагIалде бахъинабун гьечIо я газалъул идарабаз я гьеб иш тIаде босарал жамгIиял хIаракатчагIаз. Гьеб газ гьечIолъиялде тIаде росулъ анцI-анцI къоялъ токги букIунарила, гIадамал щиб гьабилебали лъаларого чара хун ругилан бицана гьелъ.

Жидеда токалъул идарабаз абулеб бугила нужеца токалъухъ гIарац кьолеб гьечIин, гьединлъидал свинабулеб бугила росулъ токилан. Жидер щивасул ругила токалъухъ гIарац кьураблъи тадсикъ гьарулел кагъталги, амма гьезухъ гIин тIамулев чи щивниги ватичIила жидеда, гьеб суалалъе гIоло диваналде нахъе хьвадунги чIалгIанила жидеда, гьединлъидал тIокIаб сундениги хьул къотIун букIиналъ, тIокIаб гьеб кинабго хIехьон бажарунгутIиялъ тIамунила гIадамал гьеб ракъунчIеялъул акция байбихьизейилан бицана Эльмираца.

РакъунчIараз бицухъе акция байбихьун хадуб гьелгун дандчIвазе жеги цониги тIалъиялъул ва мухъалъул нухмалъиялъул вакилги вачIун гьечIо.

XS
SM
MD
LG