Россиялда киса-кибего кавказалъулаздехун квешаб бербалагьи букIинги хIисабалде босун, Дагъистаналдаса «Халкъияб пикру» абураб фондалъул къасд ккун буго гьелъул гIаксалда, дагъистаниязул гIурусаздехун кинаб бербалагьи бугебали лъазабизе. ХIасилал тIубанго гIаксиял ратана. Гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъе «ГIагараб Дагъистан» абураб регионалияб жамгIияб гIуцIиялъул ва «Халкъияб пикру» абураб фондалъул нухмалъулев ХIабиб Давудовас. Гьес бицана гьединаб цIех-рех гьабизе хIукму гьабунин жидер фондалъ «Левада-центр» абураб халкъалъул пикру лъазабулелб идараялъ гьарурал цIех-рехазул хIасилал къватIире рачIун хадур. Гьезда рекъон Россиялъул 80% халкъалъул рахIат хун буго халкъазул гьоркьорлъаби лъикIал гьечIолъиялъ. ЦIех-рех гьабуразул цониги чияс бицинчIо кавказалъулаздехун лъикIаб бербалагьи бугин жидер. ТIолго россиялъул щивав лъабабилев чияс ва Москва шагьаралъул щивав кIиабилес бицана жидер рокьукълъи бугин кавказалъулаздехун.
ХIабиб Давудовасул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда гьарурал цIех-рехазул хIасилаз жалго гIажаиблъизаруна.
ХIабиб Давудов: «Гьел цIех-рехал рукIана гIицIго «Левада-централъ» гьарурал цIех-рехазда данде кквезе гьарурал. ГIажаиблъи гьабуна дица, кигIанго гьел гIаксиял ругел. I600 чиясда цIехон буго дозги, нижецаго гьедигIаналго чагIазда цIехана. Дозул цонигияс абичIо кавказалъулаздехун лъикIаб бербалагьи бугин, нилъер гьаниб абуни цониги чияс абичIо гIурусаздехун квешаб бербалагьи бугин, гьелъул гIаксалда, хIурмат гьабулин, лъикIал чагIи ругин аби гурони.
Гьеле гьеб жо бихьизабизе бокьун букIана нижее гьарурал цIех-рехазул хIасилалда. Амма гьедигIанго кIудияб батIалъи букIинин ракIалде букIинчIо».
ГIемермиллатазулаб Дагъистаналъе киданиги хасиятаб букIинчIо миллатчилъи ва кигIан Россиялда дагъистанияздехун рокьукълъи бугониги гьеб нилъер республикаялда гIурусазде букIине гьечIилан рикIкIунеб буго Москваялда гIумру гьабун вугев дагъистанияв, тохтур ГIабдарашид СагIидовас.
ГIабдурашид СагIидов: «Тарихалда жаниб Дагъистаналда кидаго букIана халкъазда гьоркьоб рекъел. ГIурусаздехун букIа, цоги миллатаздехун букIа, рокьукълъи буго дагъистаниязе хасиятаб гуреб гIаламат. КIудияб, пачалихъияб даражаялде щвараб рокьукълъи киданиги букIинчIо. РукIун ратизе бегьула гIиси-бикъинал, цо-цо таращмахIал чагIаз миллатчилъи жидерго интересазе гIоло хIалтIизабулеб, хасго 90-лел соназул байбихьуда. Амма гьеб жо хехго тIагIана ва гьелдаса кидаго чIухIаравги вуго дун. Гьелъие гIиллаги буго, дир хIисабалда, гIемермиллатал цоцалъ журараб, гIемерал кьеразулаб ва гIемерал махIазулаб бакI Дагъистан букIин. ХутIарал къватIисан рачIарал миллатазеги Дагъистан кидаго букIана берцинаб, эркенаб, хинаб ракьлъун».
Гьединго ГIабдурашид Саидовас бицана Москваялда бугеб кавказалъулаздехун рокьукълъи тIадеги цIикIкIун халлъулеб бугин. Гьал къоязда самолеталда жаний стюардессаги юххун туснахъалъув тIамурав гIурусасул бакIалда дагъистанияв вукIаравани тIолго улкаялдаго ахIи-хIур бахъине букIанин бицана гьес.
ЦIех-рехалъул хIасилал гIажаибаллъун рикIкIунел руго интернеталда ва блогосфераялдаги. Гьел гьарун руго аслияб къагIидаялъ шагьаразда ва кIудиял росабазда. ГъалатI букIине бегьула 3,4 проценталъул абун рикIкIунеб буго цIех-рех гьабураз.
Сурат: Нурчазул Ахильчи. ЛъаратIа мухъалъул Гъараколоб росулъ...