Ссылки для упрощенного доступа

Комиссия: ЦIар хисунилан хIалтIи хисиладай?


Адаптационияб комиссиялъул данделъи
Адаптационияб комиссиялъул данделъи

22 февралалда муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезулгун тIобитIараб данделъиялда заманаялъ Дагъистаналъе нухмалъи гьабулев Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна республикаяда ракълилаб комиссия гIуцIизе бугин. Нижер мухбир Рамазан Ражабовас гьеб пикруялда тIасан цIех-рех гьабуна.

Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабухъе, цебеккун республикаялда гIуцIараб, ракълилаб гIумруялде изну гьечIого яргъид гIуцIарал ругьун гьарулеб комиссиялъ гIезегIан хIалтIи гьабуна, амма гьеб гIей гьечIеб буго. Гьес лъикIаб къимат кьуна цебесеб комиссиялъе ва цIияб комиссиялъ гьабулеб хIалтIи жеги гIатIидаб букIине кколин тIадеги жубана. «ЦIияб идараялъ гьабулеб хIалтIи цохIо ракълиде цIаялдалъун лъугIизе кколаро, гьелъул хIалтIуца рохьоре ине къачIарал гIолилал чIезаризе ккола ва гьел гурел цоги кIвар бугел масъалаби тIаде росизе ккола», - ян абуна республикаялъул нухмалъулес.

Гьединал идараби гIуцIизе руго щибаб шагьаралда ва мухъалъул централда. «Риа Дагестаналъ» лъазабухъе, диваналде щвелалдего ракълидалъун ва маслихIат гьабун конфликтал чIезариялъул хIалтIаби гьаризе кколин бицана гьеб данделъиялда. Гьеб ишалда гъорлъе цIазе ккола рохьоре арал гIолилазул гIагарлъи ва эбел-эмен, жамгIиял хIаракатчагIи ва къадру цIикIкIарал церехъаби.

Цебеккун гIуцIун букIараб ракълилаб комиссиялда жанир рукIаразул цояв, жамгIияв хIаракатчи Къебедов ГIабасица «Эркенлъи» радиоялъе бицана цIияб идараялъе цебе букIаралдаса цIикIкIун ихтиярал кьезе кколин, цебесеб нухалъги хьулал кIудиял рукIанин, гьелда рекъарал хIасилал кьечIин.

Къебедов ГIабас: «ТIоцебе дом комиссия гIуцIарабго хьул букIана кинабго лъикIалде бачIинилан. Сулейман Уладиевгун президентасухъе арабго нижеца досда абуна, мун вугин цIияв чи, дуца цIикIун божилъиги бугин, мажгиталде уневги вихьанин. Дагъистанги бугин кIудияб кIвар бугеб бакI. Дуца гьеб иш лъикIго гьабуни мун тарихалда лъикIаб цIаралда гъоркь хутIилинал абуна. ГьабичIони, мун гьеб жаниве вачIараб нуцIихъан къватIиве ине вугин бицана. Дидаго лъачIого дун гьеб комиссиялда жанивеги хъван ватана, гьез абухъе, доб цояб рахъалъул чи.

ТIоцебесеб данделъиялдаго дица гьезда абуна, гьаб къагIидаялъ хIалтIизе ратани гьаб комиссиялъул щибниги лъугьине гьечIин. Щайгурелъул, лъазе ккеларищ дов рохьове арав чи щиб сабаблъун дове ккарав, бугищ досул гIайиб ялъуни гьечIищ. Гьеб киналъулго цIех-рех гьабизе гIурал ихтиярал гьаб идараялъул ратичIони, щибниги кколаро гьалъулин абуна дица. Гьединал ихтиярал гьечIебгIан мехалъ, гьел комиссиязул щибниги хIасил букIунаро, цIарал хиси гурони».

Доб мехалъго батIи-батIиял экспертаз ва къуваталъул идарабазул вакилзабаз бицунеб букIана, Къебедовас рехсаралгIан ихтиярал ракълилаб комиссиялъе кьезе къануналъ биччалеб гьечIин. Дагъистаналъул цIех-рехалъулаб идараялъул нухмалъулев Алексей Саврулиницаги рехсараб комиссиялъул данделъиялда цеве вукIарав республикаялъул нухмалъулев МухIамадсалам МухIамадовасда гьеб бичIчIизабулеб букIанин хъвалеб буго «Черновик» газеталъ.

XS
SM
MD
LG