Халкъал цолъиялъул къо республикаялда кIодо гьабула 2011 соналдаса байбихьун жиб-жиб соналда. 1741 соналъул 15 сентябралда Дагъистаналъул миллатаз бергьенлъи босана Надир-шагьил боялда тIад. Гьелдалъун 15 сентябралда байрам гьабизе хIукму къотIана 2010 соналъул декабралда тIобитIараб Дагъистаналъул халкъазул съездалда.
Стадионалда гIуцIарал майданазда Дагъистаналъул миллатазул вакилаз ахIулел рукIана некIсиял кучIдул, музыкалиял церерехъинал гьаруна. Майданазде щварасул рес букIана жиб-жиб миллаталъул квен хIалбихьизе.
Цо-цо майданазда махщелчагIаз малъулеб букIана миллиял тIагIелал гьаризе. Мисалалъе, тумазул маданалда малъулеб букIана щагIил тIагIелал гьаризе, тIанса гьабизе малъулеб букIана табасараназул майданалда, лезгиязул майданалда малъулеб букIана афарар абураб цIурачед гьабизе.
МагIарулазул миллияб маданият гьеб къоялда бихьизабуна ЛъаратIа ва Болъихъ мухъаздаса артистаз. Балъхъадерил руччабаз ахIулел рукIана некIсиял магIарул кучIдул.
Спортивияб чанги къец тIобитIана гьеб къоялда стадионалда. Рекери, армрестлинг, кIанцIиял, канат цIай – гьел къецазда гIахьалъизе рес букIана щивав гъира ккарасул. Мисалалъе, ясаз къец бана 800 метралда рекериялъул дистанциялда, армрестлингалда гIахьаллъана гIемер гIолилал, амма бищунго гIемер гIахьаллъулел рукIана кIанцIиялъул къецалда.
Майданазде щвана Дагъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIиповги. Гьес баркана байрам дагъистаниязда ва абуна республикаялда ругел киналго миллатал цолъине кколин Дагъистан цебетIеялъе.
Рамазан ГIабдулатIипов: «Нилъее умумуз кьураб бищун аслияб инвестициялъун ккола Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъи. Халкъазул гьудуллъиялъ биххизе бичалеб гьечIо дуниял. Гьединго Дагъистанги. Нилъерго тарихалъул хIисаб гьабе. Республика батIи-батIияб хIалалъ цебетIолеб буго. Гьанир руго магIарулал, даргиял, лъарагIал, тумал, лезгиял, рутулал – киналго рикIун бажариларо. Амма нилъер киназулго букIана ва буго цо ватIан. Гьеб ватIанулъ цIарги буго Дагъистан».
Ахиралда тIаде жубала: гьебго къоялда рагьана «Труд» стадионги. Анлъазарго чиясе гIодор чIезе бакI буго стадионалда. Гьединго гьеб стадионалда чанги спортзалги буго.