Ссылки для упрощенного доступа

Мекъи бичIчIараб фатва


Нашидазда тIасан Дагъистаналъул исламиял гIалимзабаз гьал къоязда кьураб фатваялда дандечIей бихьизабулеб буго блогераз. Гьелъул магIна ккола гьанжеялдаса байбихьун нашидал ахIулелъул кочIохъабаз бакънал хъвалел алатал хIалтIизаризе гьукъун букIин. Диниял хIаракатчагIаз эстрадаялде тIадецуй гьабилъун бичIчIулеб буго гьеб Дагъистаналъул блогеразда. Амма бусурбабазул идараялъул пикру батIияб буго.

Нашидазул кечI-бакъан берцинаб бугогIан цIикIкIун чагIи рачIунел рукIана исламалде. Амма гьелъие гIоло гIадамал диналде рачIунел рукIин чIезе тезе ккола. ГIага-шагарго гьединаб магIна букIана гьал къоязда исламиял гIалимзабазул данделъиялда кIалъалелъул республикаялъул муфти ГIабдулаев АхIмад-хIажил.

Дагъистаналда нашидал ахIулезда гьоркьор руго профессионалияб куцалда кечI-бакъаналда тIад чIарал гIадамалги. Бакънал хъвалел алатазул кумекалдалъун гьел диниял кучIдул ахIизе бегьилищ-бегьиларищали дагIба-рагIи цебегоялдасаго буго. Гьанже гьелда бан фатва кьедал гьукъулеб буго цереккун рахъарал нашидазул видеоклипалги.

Гьеб фатваялда тIасан гIемер хабар ккана Дагъистаналъул блогеразда гьоркьобги. Диниял хIаракатчагIаз эстрадаялде тIадецуй гьабилъун бичIчIулеб буго гьезда гьеб ва абулеб буго светиял гIадамазде гьединал гьужумал ахираб заманалда ГIисал диналъулги ислам-диналъулги чагIаз гьабулеб бугилан.

Светлана Анохина, журналист
Светлана Анохина, журналист
Журналист Анохина Светлана: «Дида лъаларо рухIияб идараялъ гьединал жал кинан гьаризе кколелали. Амма дир хIисабалда, нилъеда бихьулеб бугоха диниял хIаракатчагIаз нилъер улкаялда гIумру гьабун ругел светиял гIадамазде тIадеялдаса тIаде гьарулел ругел гьужумал. хасго ГIисал диналъулги ислам-диналъулги хIаракатчагIаз гьарулел руго гьел. Аллагьасе рецц, буддизмалъул чагIи руцIцIун чIун руго гьабсагIаталда, ягьудиязги жидерго тIалабал тIуразаризе тIамулел гьечIо цойгидал».

Диналъ гьукъарал жал гIадамазда гьадинги лъалин, амма тIокIалъ чIечIого гьезул бицине байбихьидал, гьелъ батIияб хIасил кьолин рикIкIунеб буго Светланаца. Гьелъ ракIалде щвезабулеб буго анкьго соналъ цебего цо газеталда хIалтIулеб мехалда редакциялде жиндихъе ячIун йикIарай гIадан. КIалккул моцIалъ къватIазда чIун кваназе бегьиларин официалияб куцалда республикаялъул муфтияс гьабураб лъазаби букIун буго. Гьебги хIисабалде босун цо васас кьабун буго бутерброд кваналев вукIарав дой гIаданалъул васасда.

Анохина Светлана: «Къуръаналдаги хIадисаздаги бицен гьабулел жалазда тIасан жеги фатвабиги щай гьаризе кколел? КечI-бакъан хIарам букIин чиясул ботIролъ биун тIезейищ? Дида гьеб гьедин бичIчIулаха».

Блогеразул цоясда ракIалде щун буго 2006 соналда МахIачхъалаялъул имамзабаз гIуцIараб хасаб сияхIги. Россиялъул эстрадаялъул кочIохъабазул сияхI ккола гьеб. Дагъистаналде рачIине рекъарал гьечIеллъун гьез рихьизарулел ругоанин Борис Моисеевги, Шураги, Виаграги, Татуги, Жанна Фрискеги.

Амма ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица абуна блогераздаги журналистаздаги мекъи бичIчIулеб бугин гIалимзабаз кьураб фатваялъул магIна.

ГΙумаров МахΙамад-Расул,Дагъистаналъул рухΙияб идараялъул пресс-секретарь
ГΙумаров МахΙамад-Расул,Дагъистаналъул рухΙияб идараялъул пресс-секретарь

ГIумаров МухIамадрасул: «Гьеб буго Аллагь рехсолел нашидазда, мавлидазда хурхун кьураб фатва. ХутIараб кечI-бакъаналда абулеб жо гьечIо гьезул. Доб мехалда Борис Моисеев вачIине гьукъиялда релълъинабулеб буго кинабго. ГьедигIанго гIантал жалищ рукIунел? Нижеца тIадкIалъай гьабулеб гьечIо доя йигей Марианнадаги, жеги лъидаялигоги. Зикруялда гьоркьоб музыка хIалтIизабугеян абулеб буго нижеца. ГIалимзабаз цин щибго абичIого тун рукIана нашидал ахIулел чагIи. Амма изну кьун букIинчIо. Кинабго жо жиндирго рахънисан инегIан биччан тола…».

Хадубги МухIамадрасулица тIаде жубана мажгиталъул имамасда тIадаб бугин гIадамазда лъикIаб-квешаб щибали бичIчIизабизе, амма гьбаизабибзе тIадаб гьечIин гьесда гьеб.

ГIумаров МухIамадрасул: «ТIилги босун сценаялде вахунарелъулха имам гьеб кечI гьукъизе. ШаригIат хIалтIулареб светияб пачалихъ букIиналъ нижеца гIадамазда кевшаб-лъикIаб щибали бичIчIизабун тола. Зурма-къалиги кьабун жиндирго рокьулгун кьалул бицунев вукIаян абе кочIохъан дова кивалиго».

Исламиял гIалимзабазул рагIабазда рекъон, бакънал хъвалел алатазул кумекалдалъун диниял кучIдул ахIизе гьукъун буго исламалъул ункъабго мазгьабалда.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG