Дагъистаналъул ТIадегIанаб диванханаялъул пресс-хъулухъалда бицухъе, МухIамадовас гIумруялдаса ратIа гьарун руго жиндирго яц ва гьелъул 5 ва 9 сон бараб кIиго лъимер.
«Яцалъул хьвада-чIвадиялда щаклъарав МухIамадовас, дандчIвазелъун Гъизляралдеги ахIун, яцги гьелъул кIиго гьитIинаб лъимерги Терек гIурулъе тункун руго ва гьел лъелъ гъанкъун хун руго. Гьес цин кодоб лъимергун йигей яц тункун йиго гIурулъе ва хадуб жиндирго яцалъул васги рехун вуго», - ян чIезабунин цIех-рехчагIазин бицана диванханаялъул пресс-хъулухъалда.
«ХIакъикъаталдаги гьединал вахIшиял ишал Дагъистаналда кколеллъи балъголъи гуро. Чанго соналъ цебе цояс жиндирго гIагарай гIадан чIваялъул хIужа ккун букIана Нечаевка росулъги. Гьеб лъугьа-бахъиналъул цIех-рех гьаби жеги рагIалде бахъун гьечIо.
Амма жидерго гIагарал ясалазул хьвада-чIвадиялда щаклъи ккунилан гьединал ишал гьари гIадатлъунцин лъугьун бугин абизе бегьула», - ян бицана полициялъул цIар рехсезе разилъичIев хIалтIухъанас. Гьесго бицухъе, гьединал ишал, гIемерисеб мехалда, балъго хутIулел рагIула гIадамазул харбидаса ва рогьоялдаса хIинкъун къватIибе загьирлъичIого.
«Жидерго яцал яги г1агарал ясал чIвай Дагъистаналда гIемер кколеб жо буго. Нижерго росулъгицин ккана лъабгониги гьединаб хIужа», - ян бицана бизнесчи МухIамадов МухIамадица. Гьесул рагIабазда рекъон, гьединал ишал гьари кколеб рагIула цогидазе мисаллъунгицин.
МухIамадов МухIамад: «Дир хIисабалда гьеб буго битIараб гIадлу гьаби. Щайгурелъул, гьединал лъугьа-бахъинал рукIиналъцин батизе бегьула нилъер гьаниб хъахIбалъи дагь бугеб. Гурони, риччан тани щиб ккелеб, щиб лъугьинеб. ГIурусазул аби буго рохь гъурулелъул цIулал кескал бакI-бакIалдеги щолин абураб.
Цо-цо кколел ратила сабур гьабичIолъиялъул хIасилалда ккарал такъсиралги. Амма гьури чIвачIого гIучI багъаруларин абухъе, щибго гьечIеб бакIалдаса жиндирго яц чIвалев гIантав чи гурони вукIинищха. КьучIаб жо гьечIого чIвалел ратилищха. Лъицаялиго дур яцалъ хъахIбалъи гьабулеб рагIулин абиялдалъун гьей чIвазе векерулев чи вукIин щакаб буго».
Бизнесчи МухIамадов МухIамадица бицухъе, гIилла гьечIого инсан чIваларебго гIадин, цо жо гьечIого вацас яц чIвайги букIунареб жо рагIула.
Щиб гIилла батаниги, хIатта яцалъ, ясалъ хъахIбалъи гьабулеб бугониги гьей чIвазе лъилго ихтияр гьечIин рикIкIунеб буго мугIалим Жамалова Написатица. Гьединал вахIшиял ишаз бижизабулила тIадеги вахIшилъи ва хъизаназда жаниб дандеккунгутIи.
Жамалова Написат: «ТIадго ккун, ай бералда бихьараб жо батичIонани, хъахIбалъи гьабулеб бугин, яги лъикIаб гуреб хьвада-чIвади бугиланги абун чи чIвай кIудияб вахIшилъи буго. Гьев чи я наркоман ялъуни бетIер сверарав чи вукIине ккола гьединаб такъсир гьабизе ккани.
Нилъер бусурбабазул, исламалъул къагIидаялъ хIатта гьединаб жо бахчизецин кколеб буго. Гьеб бахчарав чиясе кири букIунебги буго. Амма вацас гьединаб такъсир гьабичIого ячун росасе кьуни лъикIаб букIинаан гьединаб кIудияб хIакъ жиндего босичIого».
МугIалим Жамалова Написатица бицухъе, бищунго лъикIаб букIинаанила, балъго-гIатIго бугониги тухумалъул данделъиги ахIун гьеб суал гьоркьоб лъезе ва кIудиязул гIакълуялда рекъон хIукмуги къотIизе.
ЩаргIалда рекъон борцани, гIалимчи ХIажиев МухIамадица бицухъе, хIатта цо чияс цониги гIаданалда хъахIба йигин бугьтан лъунигицин ва гьев чияс битIараб бицунеб букIиналъе нугIлъи гьабизе ункъо гIадилав чи ахIичIони, бугьтан лъурасда кьабгIизе кколеб рагIула 80 тIил.
ХIажиев МухIамад: «Ункъо гIадилав чияс нугIлъи гьабунани гьей гIаданалъ зина гьабунин абун, гьей гIаданги росасда ятани, шаргIалда рекъон гьей чIвазе хIукму гьабула исламиял пачалихъазда. Гьединаб буго щаргIалъул хIукму. Амма лъималгун цадахъ чIужугIадан чIвай гьеб буго щаргIалдаса бахъараб, ай унго-унгояб такъсирчилъи. ХIатта абизе бегьула гьеб бугин цебе букIараб басрияб гIадаталда нахъ рилълъун гьабулеб жойиланцин».
Гъоркьисала Дербент шагьаралда вацгIалас яцгIал чIван ятун йиго лъицаялиго абунин гьей цо лъидаялиго цадахъ йихьанин абун. Гьединал кьучI гьечIел къватIул харбал сабаблъун гIадамаз гIагаразул гуребги жидергоги гIумру гIадада хвезабиялда абулила жагьиллъиян рикIкIунеб буго нижергун гара-чIвари ккаразул гIемерисез.