Жанибе шагьранух гьечΙел росаби рукΙиналъ гьениса нахъе, ай гΙатΙиракьалде гочунезул къадарги тΙадеялдаса-тΙаде цΙикΙкΙунеб буго, росабиги чΙунтулел руго. Масала, гьабсагΙаталда Цихалахъ росулъ 4-5 цΙараки гурони хутΙунцин гьечΙо.
Дагъистаналъул президентасул ишал тΙуразарулев Рамазан ГΙабдулатΙиповас гΙемер бицунеб буго росаби цΙигьаризе ккеялъул, лъагΙалида жаниб цо нухалдацин жиндирго росулъе щоларев хΙаким вукΙине бегьиларин абула. Гьеб мурадалда президентасул тΙадкъаялда рекъон, «ГΙагараб росу» абун цΙар кьураб ва хΙадур гьабураб проектцин буго. Амма щив вачΙине вугев жанибе шагьранух гьечΙеб росулъе ва щиб гьениб къватΙире гочараз гьабизе бугеб? Гьединаб суал борхулеб буго ТΙадхъварщиниса гΙатΙиракьалда бугеб Муцалаул росулъе гочарав мугΙалим Азиев Зиявудиница.
Азиев Зиявудин: «Метрадаса Гъоркьхъварщинибе нух бахъиялъе гΙамал гьабулеб буго жалго гΙадамаз. Метрадаса гьенибе буго щуго километр. Метрада росдае зарал кколаредухъ нух бахъулеб буго гΙадамаз гьеб росдада тΙасан. Гьеб нух бахъизе гΙарац данде рехула пенсионераз, дагьабниги рес бугез. Гьедин, 3-4 росдал жамагΙатаз жидецаго, аслияб куцалда, газа-белалъул кумекалдалъун бахъулеб буго нух».
ЦΙумада мухъалдаса Азиев Зиявудиница бицухъе, гьезул жамагΙатаз чанго нухалда хитΙаб гьабун рагΙула мухъалъул администрациялдеги, нухал рахъулел идараялдеги ва хΙатта президентасде гΙунтΙунцин. Амма кисанго кьолеб жаваб букΙанила цо, ай нух бахъизе бугин абураб.
Азиев Зиявудин: «ГьабсагΙаталда, дида лъалеб бакΙалдаса гΙебеде, тΙалъиялдасан нух бахъиялъе кинаб бугониги кумек щвечΙо».
ГΙарац гьечΙин абураб багьанаги батун, «ГΙумрудулаб нух» абураб цΙар щвараб гьеб шагьра бахъиялъул иш кинго цебе тΙолеб гьечΙин бицана Азиев Зиявудиница.
Гьеб масъалаялъул бицун нижеца бухьен ккуна «ЦΙумада мухъ» муниципалияб гΙуцΙиялъул нухмалъулев Камилов Мух\амадилгун. Гьес бицухъе, мухъалъул администрациялъги ресалда рекъараб кумек гьабулеб рагΙула нухда хΙалтΙулезе. Гьединго, ЦΙумада мухъалдаса Халкъияб Собраниялъул депутат Камилов ГΙабдурахΙманицаги кьолеб бугила бащдаб миллионгΙанасеб гъурущ. Давудов АхΙмадица сайгъат гьабунила трактор.
Камилов МухΙамад: «Президентасул ишал тΙуразарулев Рамазан ГΙабдулатΙиповасулгун дандчΙвай букΙана дагьаб цебе. Гьес рагΙи кьуна кумек гьабизе ва «Дагъистанавтодоралда» тΙадкъана бакΙалдеги ун, проектги гьабун, тΙадеялъулалде гьенир хΙалтΙаби гьаризе. Гьебго къагΙидаялъ Метрадаса Гъоркьиябхъварщинибеги бахъулеб буго нух. Гьенибе нух бахъизеги президентас тΙадкъай кьуна».
ДРялъул президентасул ишал тΙуразарулев ГΙабдулатΙипов Рамазанилгун дагьаб цебегΙан ЦΙумада мухъалъул бетΙерасулгун букΙараб дандчΙваялда нухалъул гьеб суал роцΙцΙинабизе букΙиналъул бицана. Гьайгьай, гьелдаса разиго ва ахир-къадги нух бахъиялъул масъала рагΙалде бахъине батилин абураб хьул росабазул гΙадамазулъги щулалъана.
Буго гьениб цоги масъалаги. Нухда, ай ЦΙумада мухъалъул Сильди-лъарахъ батулеб гΙурхъаби цΙунулезул посталда, росабалъе унелъул гΙемерал квалквалал дандчΙвалел рукΙиналъул. Гьелъул хΙакъалъулъ хадусеб нухалда бицина.