Амма жеги гьелъие къо цIан гьечIо. ГIадамал гьеб пикруялде рачIиналъе гIиллалъун кколеб буго низам цIунулездаса разилъи гьечIолъи. Заурбег чIварал чагIазе тамихI гьабейин гьарулеб буго гьесул гIагарлъиялъ. Амма низам цIунулел чIун руго жидер хIалтIухъабаз кколеб мехалда гьес дандечIей бихьизабун бугин, гьединлъидал данде речIчIизе ккун бугин дозги.
Тукадаса къватIиве вачIун автомобилалда аскIове унаго гьесде тIаде рачIунел яргъилд рорчарал гIадамал рахъараб видео буго адвокат ГIумаров ГIадилгерейихъ. Интернеталдеги рехун буго гьеб. Видеоялдасан бихьулеб буго МухIамадов Заурбег гьел чагIазухъа лъутулев вукIин.
ЦIех-рехчагIазул щаклъи рагIула Хасавюрт мухъалъул ИчичIали росулъа МухIамадов Заурбег Хасавюрт мухъалъул нухмалъиялда вукIарав Алхаматов ГIалимсолтан чIваялъулъ гIахьаллъун вукIиналда. Гьеб такъсир ккана 2009 соналда Москваялда. Гьелъулъ гIахьаллъиялда щаклъи ккун Алманиялда туснахъ гьавун вуго Хасавюрт шагьаралъул мэрасул вацасул вас ХIабиб ГIумахановги. Гьеб такъсиралъул цIех-рех гьабулев хIалтIухъанас Дагъситаналде гIарза битIун букIун буго МухIамадов Заурбег кквейилан.
Адвокат ГIумаров ГIадилгерей: «Москваялдасан цIех-рехчиясул буюрухъ букIанила гьев чи кквейилан. ЧIвайилан букIинчIелъул. Дица добе гIарза хъвана гьелда тIасан. Кузнецовилан вуго дова Алхаматов чIваялъул цIех-рех гьабулев чи. Амма гьесда тIаде риччазецин риччаларо. Заурбег кквейилан тIадкъай кьун букIанищ, цевехун низам цIунулез валагьулев вукIанищ гьев, вукIинчIищали гьикъараб гIарза хъван букIана дица гьесухъе. Жаваб кьолеб гьечIо. Гьелда тIасан цIакъ кIудияб дагIба-рагIи унеб буго».
Гьедин ИчичIалиса МухIамадов Заурбегил гIагарлъиялъ низам цIунулезде хитIаб гьабулеб буго чIвалеб мехалда гьесухъ кодоб букIараб гIарацги тIадбуссинабеян. Россиялъул гIарцул бащдаб миллион гъурущ.
Адвокат ГIумаров ГIадилгерей: «Гъосулцин гуреб, цогидасул гIарац букIун буго гьеб. Мажгиталде как базе вачIарав чиясул гIарац букIана гъоб. Дица гъов чиясулгунги гара-чIвари гьабуна. Дица гьесулги цогидазулги телефоналги кьуниги, цIех-рехчагIаз гIингицин тIамулеб гьечIо гьелъухъ».
МухIамадов Заурбегилго гIадаб къисмат кколеб буго къойилго Дагъистаналда цогидал гIолохъабазулги – низам цIунулезулгун дандчIеялъулъ гъурулел руго гьел, гIезегIан чи викъулевги, араб бакI лъачIогоги хутIулел руго. Гьединлъидал митингалги Дагъистаналда гIемер рукIуна. Амма гьединал хIужаби къойилго кколел рукIаниги, дагъистаниял гIахьаллъуларин гIаммаб куцалда гьабулеб тадбиралъулъ, гIицIго къварилъи ккаразул гIагарлъи гурониян абураб пикру билълъун ун буго республикаялда.
Юрист Сомоев Загъалав (МахIачхъала): «Жакъа къоялда щивав чи живго жиндего вуссун чIолев вуго. Цоясул бугеб унти рагIизе бокьун гьечIо гьезие. Митингалъул магIна кIудияб буго. Гьенире рахъуна халкъалда данде гьабулеб хIалихьалъиялда данде чIолел чагIи. Митингал гIемер гьарулелги руго, амма гьелъул пайда кколеб гьечIо. Халкъалъул яхI-намус тIагIун буго. Аллагьасул каламалдаги аварагасул хIадисалдаги абун буго хаклъ хIалихьалъараб мехалда гьезда тIаде кколила гьединавго хIалихьатав нухмалъулевги. Гьединлъидал халкъ хIалихьалъараб заманалда Дагъистаналдаги Россиялдаги гIадлу-низам кинха букIинеб?».
Ахираб заманалда митингазде рахъине дагъистаниял нахъе къалел руго Россиялда митингазда хурхараб къануналъулъ хиса-басиял гьарун рукIиналъги. ГIиси-бикъинаб жо сабаблъунги жидеда тIад кIуди-кIудиял гIакIаби къотIизехъин ругилан жидеего цIодорлъи гьабун чIолел руго гьел.