Ссылки для упрощенного доступа

Цин гъоркь рукIаразе чIезаре шартIал!


Россия. Москва. Федералияб миграциялъулаб хъулухъалъул официалияб тадбиралъул гIахьалчияс лъай-хъвай гьабулеб буго Россиялъул миграциялъул хъулухъалъул санайилаб докладалъулгун.
Россия. Москва. Федералияб миграциялъулаб хъулухъалъул официалияб тадбиралъул гIахьалчияс лъай-хъвай гьабулеб буго Россиялъул миграциялъул хъулухъалъул санайилаб докладалъулгун.

Россиялде тIадруссине бокьарал чагIазе бигьалъаби чIезарулел ругин лъазабуна арбагI къоялъ Косачев Константиница. Гьев ккола Россотрудничество абулеб Россиялъул гочариялъул хъулухъалъул вакил.

Исана ахиралде щола гIумру гьабизе Россиялде тIадруссине бокьарал чагIазда бан 2006 соналда гIуцIараб программа. Аслияб куцалда гьел тIадруссун руго 2011 соналда – масала, гьанжелъагIан тIадвуссарав 62 азарго чиясда гьоркьоса бащадалдасаниги цIикIкIун чи ккола гъоркьисала вачIарав. Гьеб мурадалъе гIоло санайилго Россиялъул бюджеталдасан бащдаб млн гIан гъурущ биччалин бицуна миграциялъул хъулухъалъул вакилзабаз.

Улкаялде тIадруссине бокьарал чагIазул бициналде, цин церего гьанире гочун рачIарал ватIанцоязе яшав гьабизе шартIал щай чIезаруларел Россиялъин гьикъулеб буго чанго соналъ цеве Гуржиялъа Дагъистаналде тIадвуссарав Ибрагьимов Бадрудиница.
Гьес Эркенлъи радиоялъе бицана 1992 соналда Россиялъул хIукуматалъ гьабураб хIукмуялда рекъон, Россиялде тIадруссарал гIадамазе квербакъи гьабизе ккеялда хурхун хасаб программа гIуцIанин. Жакъа къоялде щвезегIанги хисичIого бугила гьеб. Амма тIубазабулеб гьечIила.

Ибрагьимов Бадрудин: «ЦIакъго дагьал чагIазе гурони щвечIо пачалихъалъул кумек – банкалдаса къарзалъе босулеб гIарац батаниги, минаби разе ракьал ратаниги… Гуржиялъул Чантлискъори ва Сарусо росабалъа магIарулал Гъизилюрт мухъалъул Стальское росулъ чIун руго. Тиви росдал гIадамал – МахIачхъалаялъул шималияб мухъалда – аслияб куцалда Шамхал росулъ. ГIемерисел руго чияр рукъзалги ккун гIумру гьабулел. Хварав чи вукъизецин ихтиярги кьолеб букIинчIо Шамхал росулъ. Гьедин нижерго масъалаби тIуразелъун 2009 соналда нижеца хасаб гIуцIи ургъана, гьелъул нухмалъулевлъун дунги вищана. Гочарал гIадамазул суалазда хурхун Москваялде щвезегIанги ниж хъвадаричIеб идара хутIичIо».

Москва. Гуржиялъа Дагъистаналде гочарал магIарулазул цевехъан Ибрагьимов Бадрудин. ЦIоралда гIумру гьабулел дагъистаниязул бицунеб данделъи. 2012 соналъул 18 июнь.
Москва. Гуржиялъа Дагъистаналде гочарал магIарулазул цевехъан Ибрагьимов Бадрудин. ЦIоралда гIумру гьабулел дагъистаниязул бицунеб данделъи. 2012 соналъул 18 июнь.
Гьелдаса хадуб Бадрудинидаги гьесул ракьцояздаги пачалихъалъул хъулухъчагIаз гIумру гьабизе ине Россиялъул регионал рихьизарун руго, амма Дагъистаналда чIезе къваригIун бугилан гьез инкар гьабидал, Дагъистан хасаб программаялда бихьизабун гьечIин жаваб кьун буго гьезие. Щайин абуни гьеб бугин гIемер чияс жаниб гIумру гьабулеб республика, гьезда рихьизарурал Россиялъул регионаздайин абуни халкъ дагьлъун бугила. Амма кигIан захIмат букIаниги Гуржиялъа гочарал магIарулаз умумузул ватIанго тIасан бищун буго, щайгурелъул жал лъабго нухалъ гочарал чагIи ругин абула гьез. Гуржиялъе ритIилалде гьел 40 абилел соназда Чачаналъеги ритIун рукIун руго.
Бадрудиница бицунеб буго Россиялъул гражданлъи щвезе захIмат букIиналъ хасго ахирал соназда цIакъ дагь ругин Дагъистаналде тIадруссунел чагIи.

Ибрагьимов Бадрудин: «ГьабсагIаталда нижер цо-цоязул буго Россиялъул гражданлъи, цо-цоязул гьечIо. Гьеб щвезе кутакалда захIмалъулеб буго. Эбел-эмен РФялъул гражданал ругониги гьезул лъималазе гьеб гражданлъи кьолеб гьечIо. Гьединго гьелъул гIаксалда, лъимал гражданал ругони, эбел-эмен гьечIо… ГьабсагIаталда нижееги дора Гуржиялда хутIарал миллатцоязеги кIиябго рахъалъул гражданлъи щолебани гIемерго бигьалъилаан цоцахъе хьвадизе. Гуржиялдани гьелъие кинабгIаги квал-квал гьечIо. Дора нижеразул 400-500 цIараки хутIун буго лъабабго росулъ.

Шамалда рагъулал тунка-гIусиял байбихьигун Россиялде тIадруссине бокьарал чагIи рукIиналъул хабарги буго баккун. Амма хIакъикъаталда гьезул къадар 30 чи гурони гьечIин бицунеб буго Эркенлъи радиоялъе журналист НурмухIамадов Сабирица.

Дагьалъ цеве Шамалдаса тIадвуссарав Дагъистаналдаса журналист НурмухIамадов Сабир
Дагьалъ цеве Шамалдаса тIадвуссарав Дагъистаналдаса журналист НурмухIамадов Сабир
НурмухIамадов Сабир: «ГьабсагIаталда Шамалда руго нусазаргоялдаса цIикIкIун чи гIурус-хIалтIухъабазул ва гьезул лъималазул. Гьединго руго I50 азариде гIунтарал чагIи мугьаджиразул тухумазулги. Гьезда гьоркьовги кIиазарго чи ватила магIарулазул. Россиялде нахъруссине бокьаразул азаргониги хъизан бугин харбалги раккун, РФялъул Федерациялъул Шураялъул комиссиялъ халгьабидал, лъеберго чияс кьун батун буго нахъруссине бокьиялъул гIарза. Гьезда гьоркьоб магIарулазул цониги хъизан гьечIо. Аслияб куцалда Дагъистаналдаса цIализе арал гIолохъаби руго гьенир. Радио-телевидениялдасан, газетаздасан Америкаялъ харбал риччалел руго Россиялъ гьениса къватIире тIуризарулел ругин жиндирго гражданал. Амма гьеб гьереси ккола. Россиялъ абулеб буго яхIги гьабун Шамалдаго чIайилан».

Дагъистаналде яги Россиялде тIадруссине бокьичIолъи гьениб гIумру гьабизе захIмат букIин батилин гьикъидал, НурмухIамадов Сабирица гьадин жаваб кьуна: «ЗахIмалъини щиб букIинеб, гIадамал рокьун руго дозие хIамул гIадин хIалтIизаризе. Гьезда гьоркьоса гIолохъаби ратIа гьарун, куцан, рагъизе тIамизе къваригIун буго гьезие».

P. S. РФялъул миграциялъул хъулухъалъул баяназда рекъон, улка тун къватIир ругел россиялъулазул къадар 30 млн чиясде бахуна.
XS
SM
MD
LG