20 июлалъул радал МахIачхъалаялъул АхIмадхан Султанил къотIноб бугеб «Валас» абураб бертаби гьарулеб бакIалда кIиго чи чIвана. ЦIех-рехалъул идарабаз «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда рекъон чIварал кколел руго МахIачхъалаялдас
Гьеб такъсир гьабиялъе щиб гIилла букIарабали жеги чIезабун гьечIо цIех-рехалъул идарабаз. Гьезул баяназда рекъон Шаихов вукIун вуго заправкаялъул бетIергьан. Щалали лъаларел чагIаз цебегIанго гьесухъа гIарац тIалаб гьабулеб букIун буго, амма чIварас гьеб кьезе инкарги гьабун буго. ГIарац кьезе инкар гьаби аслияб гIилла букIун батизе бегьулин гьел чагIи чIваялъейилан рикIкIунеб буго цIех-рехчагIаз.
Гьебго къоялъул сардилъ Дагъистаналъул туризмалъул комитеталъул бетIерхисулев Эльдар Назаралиевасде щалали лъаларел чагIаз тIаде кIанцIи гьабунин, гьев викъизехъин вукIанин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьезул баяназда рекъон Дагъистаналъул Сулейман – Стал мухъалъул Сардаркент росулъ Назаралиевасул рокъоре лъугьун руго кодоб ярагъгун маскаби тIад хурав ункъгояв. Гьез рукъалъул бетIергьанасе хIинкъабиги кьун гьесул Мазда автомобиль бикъун буго, живго хIакимчиги лъикI вухун вуго, гьелдаса хадуб гьев викъизейиланги лъугьун рукIун руго такъсирчагIи, амма Назаралиев тIурун ворчIун вуго. Гьеб тунка-гIусиялдас