«Коммерсант» газеталъ хъвалеб буго Дагъистаналда ва Ингушетиялда исана тIолгохалкъалъул рищиял рукIине гьечIин, регионалъул нухмалъулев вищизе вугин бакIалъулал парламентаз. Гьединал баянал газеталъе кьуна Россиялъул президентасул администрациялда. Рищиял тIоритIани гьеб регионалда ахIвал- хIал хIалуцине бегьулин рикIкIунеб буго гьез.
Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабун буго регионазул парламентаз жидецаго нухмалъулев вищизе бегьулеб къанун. Ингушетиялдагун Дагъистаналда регионалъул нухмалъулев хисизе ккола исана соналъул сентябралде щвезегIан. ГIагараб заманалда регионазул парламентаз кин нухмалъулев вищизе кколев абураб хIукму гьабизе ккола.
Рамазан ГIабдулатIиповас хъулухъалде тIамулаго бицун букIана жинца кидаго рахъ кколин тIолгохалкъалъул рищиязул, амма гьеб суал жеги дандбазе кколин бакIалъулал политиказгун. Амма доб мехалъ политологаз бицунеб букIана живго Р. ГIабдулатIиповасе бокьаниги, Кремлиялъе рищиял къваригIун гьечIин ва хIалуцарал регионазда жидее данде кколев, жидеца тIамурав чи къваригIун вугин.
Заманаялъ республикаялъе нухмалъи гьабизе Рамазан ГIабдулатIипов витIун вачIиналдего «Черновик» газеталъ гьабураб цIех-рехалда рекъон Дагъистаниязул 70% халкъалъе бокьун букIана тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIизе, амма ахираб заманалда цо-цо информалатаз ва блогераз бицунеб буго гьабсагIаталда рищиял тIоритIани гьанже вугев нухмалъулесдаса лъикIав чи вищун бажаруларин халкъалъ, долго тухумаз ва криминалалда рухьарал политикиял къуватаз босилин тIалъи. Амма кин бугониги гIемерисезе бокьун буго гьабсагIаталда рищиял тIоритIизе. ЖамгIияв хIаракатчи МуртазагIалиев Шамилица «Эркенлъи» радиоялъе кьураб баяналда бицунеб буго рищиял тIоритIизе кколин, гьелъие гIадамалги хIадурун ругин.
МуртазагIалиев Шамил: «Дагъистаналда тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIани лъикI букIинаан, амма гьабсагIат гуро, цо лъагIалидаса. Гьеб заманалдаса гурони гьаниб бугеб ахIвал хIал хисизабизе кIоларо, рищиязул система хисизабизе кIоларо. Ахирисел соназ рищиял гьарулел рукIана гIадамаз гурел, рищиязул бутIаяз. ГIадамаца лъикIав кандидат вищизе вукIиналда ракIчIун гьечIониги, гьел риччазе ккола рищиязде. Гьелда бараб жо гьечIо, проблема буго жибго пачалихъалъе бокьунгутIи къануналда рекъон рищиял тIоритIи. Бокьизеги бокьун, гьеб гьабизе лъугьаниги гIодосеб хIисабалъ цо сон къваригIуна.
РацIцIад гьаризе ккола киналго рищиязул бутIаял, жибго аслияб рищиязул централияб комитеталдаса байбихьун, кабинетазда гьарулел рищиязе ахир лъезе ккола. Рищиязда гIахьаллъулел гIадамалги дол 90-лел соназда рукIарал гьечIо, гьанже гIадамазул политическияб бичIчIи цIикIкIун буго, гьез жидерго гIакълуялъухъ гIенеккун кьолел руго гьаркьал. ГIарац босулелги кколел рукIана, щайгурелъул гьезда бихьулеб букIана жидеда бараб жо щибниги гьечIеблъи, гIарацгIаги бахъилин жинцаян босулеб букIана гьеб. Гьединазул къадар дагьлъун буго».
Цойги жамгIияв хIаракатчи Расулов Русланил пикруялда рекъон, рищиял тIоритIунгутIи ккола Дагъистаналъул халкъ жидерго конституционниял ихтияраздаса махIрум гьари, Кремлиялъ гьанире тIамурал бутIрузул цонигиясда хIалтIи гьабун бажаричIин.
Расулов Руслан: «Рищиял гьарунгутIи ккола Россиялъул тIалъиялъ нилъер халкъалда аскIоб гьабулеб такъсир. Нилъ махIрум гьарулел руго конституциялъ жалго рищизе ва жидеца рищизе кьураб ихтияралдаса. Гьезда тIадаб буго рищиял тIоритIулаго хIинкъи гьечIолъи чIезабизе. Гьелъухъ нилъеца пачалихъалъе кьолеб буго магъало ва гьез хьихьулел руго киналго къуваталъул идараби, Жанисел ишазул министерлъи, ХIинкъи гьечIолъиялъул идара, Прокуратура ва ЦIех-рехалъул комитет.
Рищиязда гIахьаллъулел гIадамазул программа халкъалъе бокьани, гьез гьаракь кьела, бокьичIони кьечIого тела, гьеб гьезул ихтияр буго, гьез вищарав вукIине вуго нухмалъулевги. Гьелъул бакIалда нилъехъе жакъа витIун вачIулев вуго Кремлиялда жидерго хIаялги гьарун, жидее данде кколев чи. РитIана гьез гьел гIезегIан, нилъеда МухIамадгIалиги, МухIуги, МухIамадсаламги, гьанже ГIабдулатIиповги, гьезул цонигияс халкъалъе данде кколеб щибниги гьабичIо. Кире гьез нилъ рачарал? Экстремизмалде, терроризмалде ва ришватчилъиялде. ГIела гьанжегIаги».
«Лента.ру» абураб информагентствоялъ лъазабухъе, 6 марталда букIараб данделъиялда Централияб рищиязул комитеталъ лъикIаб къимат кьуна регионалда рищиязде унев кандидатас муниципалиял депутатазул гъулбасал ракIарулеб къануналъе. Исана тIолгохалкъалъ рищиял тIоритIулел регионаз киназго гьеб къагIигIад хIалтIизабизе ккола.