Дагьал церегIан къоязда лъазабулеб букIана Россиялъул цо-цо регионазул прокуратураяз бакIазул интернет-провайдеразда лъазабун бугин «Бусурбабазул гIайиб гьечIолъи» абулеб фильм бугел интернет-сайтазде раккизе рес кьогеян.
Араб анкьалда Россиялъул Генералияб прокуратураялъ диваналде хIадурана гьеб фильм экстремистияб бугин лъазабеян абулеб гIарза. Диваналъ гьединаб хIукму къотIилалде жидерго абонентазе гьеб фильм бихьизе рес къотIизабиялде ахIулел рукIана жиндирго операторал «Роскомнадзор» абулеб идараялъги.
Прокуратураялъул гIарзаялда тIасан гIенеккиял рукIине руго I7 октябралда.
Гьединал гьукъияз хIасил кьезе букIиналда кIудияб божилъи гьечIо Дербент шагьаралда къватIибе бачIунеб «Эркенлъиялъул майдан» абулеб газетаялъул бетIерав редактор ХанмухIамадов МухIамадил.
ХанмухIамадов МухIамад: «Щиб букIаниги гьукъани, гьелъ тIадеги гъира базабула. Гьанже гьеб кино бихьун букIинчIел цо-цояздеги ракIалде ккезе бегьула гьелъухъ балагьизе. Ратила гьеб жидеего дискалда хъваралги. Дида ккола гьединал гьукъиял гIемерго битIараб гали гурин. Гьеб фильм провокационияб бугищин рикъани-тIадкIалъай гьечIого буго».
Америкалда рокъосел шартIазда бахъараб «Бусурбабазул гIайиб гьечIолъи» абулеб фильмалда бусурбаби хIакъир гьарулел ругин рикIкIунеб буго бусурбабаз. Гьединазул цоявлъун ккола Дагъистаналда къватIибе бачIунеб «Ассалам» абулеб динияб газетаялъул журналист Ражабов ХIажимурад.
Ражабов ХIажимурад: «Киналго бусурбабазда квеш букIинрищха бищунго хирияв Аварагасдеги исламалдеги жо аби. Бусурбабазе гьеб бокьулареблъиги лъан, ургъунго, гьарулел рихьуларищха гьединал жал. Цо заманалда карикатураби рукIана рахъулел, хадуб жеги букIана "Фитна" абураб кино. Гьанже гьаб фильм буго. Гьединал жал гьарун лъугIизабулеб буго бусурбабазул сабру. Гьел къватIахъе рахъинарун, ахIи-хIуралде тIамулел руго.
ГIарабазул улкабазда гIадамал къватIахъе рахъунелги вакиллъиял рухIулелги нилъедаги рихьанаха.
Гьеб мехалда абула бусурбаби гьале гьадинал ццидалал чагIи ругин.
Гьеб бакIалда бусурбабаз тIадеги бихьизабизе ккола исламалъул берцинлъи. КIванагIан цIикIкIун жидецаго рахъизе ккола исламалъул бицарал фильмалги, хъвазе ккола макъалабиги цогидабги, гьаризе ккола теле- ва видеопрограммаби. Гьедин бихьизабизе ккола исламалъул берцинлъи ва гьеб букIина гьединал ишазе жаваб».
Бицен гьабулеб фильмалда сверун бусурбабазул цо-цо улкабазда лъалхъулел гьечIо разилъигьечIолъиялъул акциял. Бищунго хIалуцарал акциял рукIана Мисиралда ва Йеменалда. Гьединго акциял тIоритIун рукIана Суданалда, Тунисалда, Пакистаналда, Нигериялда ва Бангладешалда. Либиялъул Бенгъази шагьаралда протесталъул акциязда гIахьаллъараз гьужум гьабун букIана Америкалъул вакиллъиялде, чIван вукIана гьенив вукIарав вакил Кристофер Стивенги цоги лъабго дипломатги.
Бусурбабазул дунялалъе, бокьани, бигьаго асар гьабизе кIолин бусурбабазул гуреб дунялалдайин рикIкIунеб буго ХанмухIамадов МухIамадица.
ХанмухIамадов МухIамад: «Бусурбабазул гуреб дунялалъул буго бусурбабазул дунял кьвагьизабизе цо рес. Дида лъикIаблъун бихьулеб буго исламалъул гIалимзабиги ракIарун, гьел суалалги дандран, цоги гьединал хIужаби ккараб мехалда щиб гьабилебали цо концепция ургъани. Гьебги багIараб чIартиде оцгIадин тIаделъичIого рукIине, бусурбабаз сабру цебе гьабизе.
Хадубги гьезда релъарал провокациял гьаруни щибав бусурбанчияс абизе ккола ТIадегIанас гьабилебин нужеейин, нужерго ишазул жаваб нужецаго кьезе бугин.
Жалго бусурбабазул абуни гьечIо бусурбабазул гуреб дунялалъе гьедин кIудияб асар гьабизе кинабгIаги рес».
Ислам сурукъго бихьизабизелъун бахъараб гьеб фильмалда гьелъул авторазул жидерго чороклъи бихьизабулеб бугин рикIкIунеб буго Ражабов ХIажимурадица.
Ражабов ХIажимурад: «Жакъа киса-кибего интернет тIибитIараб заманалда цо пуланав гIабдаласде бусурбабазул хIакъалъулъ цо гIантаб жо абизе ракIалде ккани, гьесул буго гьединаб рес, буго интернеталда лъун гьеб тIибитIизабизеги рес. Киса-кибего гьелда тIад контроль гьабунги бажаруларо. Ислам гьелдаса баццадаб буго. Гьеб исламалъул хIакъалъулъ бахъараб фильмги руго. Гьеб буго гьелъул автораз жидерго чороклъи бихьизаби. Исламги, МухIамад Арагагги (с.в.с), нилъер динги гьединаб чороклъиялдаса бацIцIадаб буго. Гьеб фильмги буго гьезул жидедего буссунеб ва жидерго бицунеб чороклъи».
Ннижеца бухьен гьабурал интернеталдаса пайда босулезул цо-ояз абуна "Сумма телеком" провайдералъ YouTubeалде нух къан бугониги, цоги сайтаздаздасан гьенире ракIкIизе квал-квал гьечIин. Цогияз абуна "Сумма телеком" жидер провайдер гурин. Гьедин бихьулеб буго цо провайдералъ рес кьечIониги цогияз гьеб кьолеб букIин ва YouTubeалдаса пайда босизе Дагъистаналда рес букIин. Информалатазда кьолел баяназда рекъон, «Сумма телеком» провайдералъ YouTubeалде нух къазе буго гьеб фильм гьениса нахъе босизегIан.
Жибго гьеб фирмаялдасан Эркенлъи Радиоялъе комментариял щвечIо.