Ссылки для упрощенного доступа

Блогеразул даптар 12-18 Ноябрь


Гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогосфераялда гьоркьоб лъолеб букIана Дагъистаналдаса спортсмен Мирзаев Расул туснахъалдаса эркен гьавизе бегьулин абураб суал. Москваялъул Замоскварецкий судалда прокурорас гьесие тамихI тамах гьабизе кколин лъазабун буго. ЩуцIул экспертиза гьабуниги студент Иван Агафонов хвеялъулъ Расулил гIайиб тIубанго чIезабизе кIвечIо.

Гьединал щакал ахIвал-хIалазда диваналъ рахъ кквезе ккола жинда гIайиб гIунтIизабулесул.
Аслияб къагIидаялъ Дагъистаналъул блогераз разилъи гьечIолъи загьир гьабулеб буго гIурус миллатчагIаз гьеб ишалда аскIоб бахъинабураб ахIи-хIуралдаса. Twitter.com сайталда Ризван Расуловас хъвалеб буго Россиялъул диваналъулаб системаялда гьелдаса сурукъаб хIалтIи букIинчIин. «Гьеб уголовияб хIалтIи бихьарабго дир тIубанго ракI буссана гьаб пачалихъалдаса ва гьанир ругел къануназдаса» - ян хъвалеб буго Ризваница.

Арсен Мирзаев абурав блогерас хъвалеб буго Россиялъул тIалъиги, гьелдаго цадахъ эркенаблъун букIине кколеб диванги, миллатчагIазда ва гьезда нахъа ругел политикиял къуватазул асаралда гъоркье ккун ругин. «Чанго гIасруялъ цере неграл рукIараб бакIалде ккезаризе бокьун буго кавказалъулал, амма гьел къосун кколел руго, гьеб хIехьезе гьечIо лъицаниги» - ян хъвалеб буго блогерас. ГIаксияб пикру загьир гьабулев чи Дагъистаналъул блогеразда гьоркьов ваккичIо.

Цойги блогераз гьоркьоб лъураб суал ккана Дагъистаналъул политикаялъул ва экономикаялъул ректор Дибиров ГIабдулнасирица миллиял республикабазда цIарал хисизе кколин лъазаби. Дагъистаналъул тIалъиялъ гьебсагIатго гьелдаса инкар гьабуниги, блогеразда гьоркьоб гьеб темаялъ чIагояб бахIс бижизабуна.
ГIемерисез рикIкIунеб буго гьеб бугин цоги гьелдасаги кIудиял проблемабаздаса халкъалъул кIвар буссинабизе гьабулеб тадбир.

«ЧIвалел, рикъулел гIадамалги, сверухъ тIегьалеб ришватчилъиги, рохьилаз гьарулел теракталги тун гьанже гьазие республикабазул цIарал хисичIого тIокIаб гьабизе хIалтIийищ хутIун гьечIеб» - абун хъвалеб буго Эльдар Ибрагьимов абурав блогерас. Амма цо-цояз рикIкIунеб буго республикаялда цIар хисиялъ Россиялъул халкъалда гьоркьоб тIибитIараб, дагъистаниязул рахъалъ лъикIаб гуреб пикру хисизабизе гьелдаса пайда букIине бугин. «Дагъистаниял абурабго киназдаго беразукь чIола кодоб ярагъги бугел, кидаго рагъизе къачIарал гIадамал, цIар батIияб бугони гьелдаса пайда букIине бугилан хъвалеб буго» - Набиев ХIажимурадица Facebook.com сайталда.

Лъабабилебги дагъистаналъул интернет-годекIаналда гIемер рехсараб тема ккана Рузман къоялъ республикаялде Халкъазда гьоркьосеб бусурбабазул гIалимзабазул советалъул гIалимзаби рачIин. Гьез МахIачхъалаялъул лъабго батIи-батIияб мажгиталда хутIба гьабуна. Централияб мажгиталда вагIза гьабулев вукIана шейх ГIали МухIиддин Карадагъи.

Жиндирго кIалъаялъулъ гIалимчияс аслияб тIадчIей гьабулеб букIана ислам кколин тIоцебесеб иргаялда жинца рекъел босулеб, зулмуялдаса инсан цIунулеб дин. Гьединго шейхас гIолилазде хитIаб гьабуна радикалияб нухда ун лъикIаб букIиниселде нилъ рачIине гьечIин.

Шейх ГIали МухIиддин Карадагъи: «Дица хитIаб гьабула гIолилазде, цIале нужеца нилъерго аварагасул тарих, кин гьабулеб букIараб асхIабзабаз. Ислам вахIшияб, согIаб букIине рес гьечIо. Нахъойги абулеб буго гьел вахIшияб, квешаб нухалде рахъарал гIолилазде, тIадрусса нужерго рокъоре, рачIа кIалъазе нижгун. ЦIале нужеца Къуръаналъул аят. Гьениб абулеб буго: «Дуца ахIе ТIадегIанав Аллагьасде гIакълуялдалъун ва берцинаб лъикIаб вагIзаялдалъун». Гьединго Аллагьас абулеб буго: «Дуца бахIс гьабейин дур дин мекъаблъун чIезабулев чиясгун берцинаб рагIудалъун, дагIбаялде буссинабичIого». Рагъ гьабизе бегьуларо дуда нахъа щулияб исламияб пачалихъ гьечIони. Нижер исламиял гIалимзабазул советалъул кинабгIаги мурад гьечIо цониги пачалихъалъе гIоло хIалтIизе, нижеца кинабго бусурбабазе кумекалъе гьабулеб буго».

Дагъистаналъул блогераз гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун загьир гьабулеб аслияб пикру букIана шейхасул вагIза гьениб центалияб мажгиталда гуреб, рохьоре ине къачIарал гIемер ругеб Котровасул къотIноб бугеб мажгиталда гьабизе кколаанилан. Арсен ГIабдулаев абурав блогерас хъвалеб буго гьев кIудияв шейх вачIиналдаса жеги кIудияб пайда босизе бегьулаанин тIалъиялъ. «Жидеего гIадатияб къагIидаялъ столалда нахъа чIун цоцае реццалги гьарун ратIалъана, дир хIисабалда гьев шейхас рохьилаз хIалтIизарулел аятазе баян кьезе кколаан»-илан хъвалеб буго блогерас.
Гьединал рукIана гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогераз гьоркьор лъурал аслиял суалал.
XS
SM
MD
LG