Гьеб Шураялда гъорлъе уна РОссиялда ва гьеб тун къватIир жал машгьурал инсанасул ихтиярал цIунулел Людмила Алексеева, Лев Пономарев, Ирина Ясина ва цогидал.
Аслияб куцалда гьез кIвар кьезесеб суал кколин ярагъги гIодоб лъун ракълилаб гIумруялде руссунел гIадамазул суалин абула.
Шималияб Кавказалда инсанасул ихтиярал цIуниялъул вакиллъи рагьиялъ Дагъистаналда ахIвал-хIал хисилин кколеб гьечIо жамгIияй хIаракатчIужу Фатима Тарасовалда. Щайгурелъул тIалъиялъ щиб гьабунги цере раккизе толел гьечIила инсанасул ихтиярал цIунулел, гьез бицунелъухъ гIингицин тIамулебги гьечIила.
Фатима Тарасова: "Гьел инсанасул ихтиярал цIуниялъул хIакъалъулъ бицунел ва хъвалел журналисталги жамгIиял хIаракатчагIиги сурун рихьизариялъул мурадалда тIалъиялъ гIуцIулел руго къуваталъул идарабазул кверщелалда гъоркь рукIунел информалатал. Гьелъ бихьизабулеб буго тIалъиялъе гьел масъалабазул хъвалел чагIи ратIа тIезарун чIезаризе".
Хадубго Тарасовалъ ракIалде щвезабуна дагьалъ цебе Дагъистаналуъл нухмалъулес журналистазе кьураб пресс-конференция. ГIезегIан чиясде рещтIараб балагь бугониги, гьениб МухIамадовас абунила республикаялда гIадамал рилиялъул масъала гьечIилан.
Фатима Тарасова: "Жалго рохьореги ун, лъалкI тIагIинабулила, хадуб тIалъиялъул чагIи суризаризе лъугьунила".
"Дагестанцы" газеталъул бетIерав редактор ГъазимухIамадов ГIалисултаница рикIкIунеб буго щиб вакиллъи Шималияб Кавказалда рагьаниги жо лъугьунарин, Москваялъе бокьани гурониян.
ГъазимухIамадов ГIалисултан: «Гьеб вакиллъиялъ хIасил кьезе гIицIго цохIо шартI тIубалеб бугони. Москваялъ гьеб лъикIлъиялъе тадбирал гьаруни. Гурони хабар бициналдалъун къокълъизе буго гьелъул хIалтIи. Нилъер гьаниб гьеб ахIвал-хIалги цIунун хутIизе буго.»
Гьаниб мисалалъе вачине бегьула АхIулгохI абулеб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев ГIабдулаев Гъайирбегги. КIиго моцI бана Казбек мухъалъул полициялъ гьев вухаралдаса. Амма гьанжелъагIан гьелда бан гьабураб щибгIаги цIех-рех гьечIо. Гьелда тIасан Гъайирбегица гIарза хъвачIеб идараги хутIун гьечIо низам цIунулеб. ГIицIго «Мемориал» абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб Гъайирбег вухун вуго Дилималде берталъе ахIараб бакIалда.
Гъайирбег ГIабдулаев: "Бертиндай гьаниб бугеб, рагъдай бугеб абун ракIалде кколеб букIана. Ниж бертин лъугIун нахъе унеб мехалда абулеб букIана тамадагицин анин гьениса тIурун. Мехтун рукIана киналго. Кьвагьдолел рукIана, мукърукь бакI букIана гулбуз басун бан. Рохьоре тира-сверизе арал Ленинаулалъул лъимал, террористал тIаде кIанцIаралинги ккун, тIурун ун ругин гьенисаян абуна. Гьеб гъалмагъир гьабурал чагIи полициялъул хIалтIухъаби ккола. Гьез вухун азарханаялде ккарав дихъе вачIун вукIана цо майор. Дие ккаралъул ургъел гьечIоан гьесие, "Мемориалалъул" чагIаз дие кумек гьабулеб букIиналъул гурони".
Цебехун бицен гьабулеб вакиллъи Шималияб Кавказалда рагьани, гьелъул нухмалъулеллъун я Алексеева яги Пономарев тезе бегьулин абулеб буго.