Ссылки для упрощенного доступа

Бугищ президентасда бараб жо?


Дагъистан--Хlукуматалъул мина
Дагъистан--Хlукуматалъул мина

Ахираб заманалда улкаялдаго лъугьунел политикиял, социалиял ва жамгIиял хиса-басиязда тIаса гIемерал политологаз, журналистаз ва социологаз бицунеб буго федералиял субъектазда нухмалъулезул бугеб кверщалил ва халкъалда гьоркьоб бугеб асаралъул. Шималияб Кавказалъул республикабазул нухмалъулезул кинаб бугеб жидерго регионазда асар ва къваригIун ругищ гьел суалазулъ хиса-басиял?

Россиялъул тIалъиялде Владимир Путин вачIарал 2000-абилел соназул байбихьудаса нахъе улкаялда унеб букIана регионазда федералияб тIалъиялъул асар цIикIкIинабиялда тIад хIалтIи. ГIемерисел политологаз бицунеб букIана улка биххиялдаса хвасар гьариялъе гьарулел тадбирал ругилан гьел, амма гьаб заманалда гьез улка цIебетIезе биччалеб гьечIилан.

Политикиял гIелмабазул доктор Дибиров ГIабдулнасирица «Черновик» газеталда къватIибе бачIараб макъалаялда бицунеб буго цетралияб тIалъиялъ киналго къуваталъул идарабазул, магъало бакIарулел идарабазул ва гьел гурел цоги кIвар бугел идарабзда чагIиги Москваялдаса тIамун, регионазда ругел нухмалъулездаса тIалаб гьабулеб бугин гIадлу гьаби. Ихтиярал гьечIо, жавабчилъи бугилан бицунеб буго политологас.

Гьебго газеталъул бетIерав редактор МухIамадов Бияхъайица Эркенлъи радиоялъе кьураб баяналда бицана къуваталъул идарабазул нухмалъулел гурел, шагьаразул ва мухъазул нухмалъулелги регионазул бутIрузда рарал гьечIин. Щивав муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъулес кверщел гьабулеб буго жиндирго мухъалда ругел лъугьа-бахъиназул ва халкъалъ вищарав гьев хIалтIудаса нахъе гьавизеги ихтияр гьечIо.

Бокьарас бокьараб гьабулеб буго, Конституциялда рекъон регионалъул бетIерасул ихтиярал гIолел гьечIо гIадлу гьабизейилан рикIкIунеб буго журналистас. «БакIазда жидецаго нухмалъи гьабиялда сверун» 131 федералияб къануналда рекъон муниципалиял гIуцIабазул ихтияр буго жидеего хасаб бюджет гIуцIизе ва жидеего бокьараб бакIалда гьеб хIалтIизабизе.

Амма гьедин хIалтIизабизе гIураб жидерго бюджет гьечIо цониги муниципалияб гIуцIиялъул. Гьединлъидал республикаялъул нухмулъулес муниципалиял гIуцIабазда асар гьабулеб буго бюджеталдалъун ва административияб къуваталдалъун. Гьедин рикIкIунеб буго «Настоящее время газеталъул бетIерав редактор Фатуллаев Милрадица:

Фатуллаев Милрад: «131 абилеб къанун буго цIакъ лъикI хIадурараб ва лъикIго гIумруялде бахинабулеб къанун. Гьеб къанунги бугого киналха ругел республикаялъул бетIерасул муниципалиял гIуцIабазулгун гьоркьорлъаби? ТIоцебесеб иргаялда гьес бюджеталдаса биччалеб гIарцудалъун асар гьабулеб буго. КIиабилебги – административияб къуваталдалъун, батIи-батIиял халгьабиял гьарун ва къуваталъул идараби тIаде тIамун. Цо-цо муниципалиял гIуцIабазда сонгун бащдаб заманалъул болжалалда 35гоялде гIагарун халгьабиял рукIине бегьула.

Руго цо-цо республикаялъул тIалъиялъе рокьулел мухъалги. Гьениве халгьабизе щивниги щоларо. Цоги бакIазда абуни гьоркьоса къотIичIого рачIуна. Финансовияб рахъ босани, гьанжелъизегIан гIуцIун гьечIо муниципалиял гIуцIабазе гIарац биччаялъул гIаммаб принцип. Сунда балагьун биччалеб гIарац? Мисалалъе босани, Дербенталда данде ккун Избербашалъе биччала 7 нухалъ цIикIкIун гIарац, Хасавюрталъе – 3 нухалъ цIикIкIун. Гьебго заманаялъ Дербенталъ магъало бакIарун республикаялъул бюджеталде гIарац кьолеб буго гьездаса цIикIкIун.

Къуваталъул идарабазул нухмалъулезулгун Дагъистаналъул бетIерасул дандеккунгутIиял загьирлъана ахираб анлъго моцIалда жаниб. ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Алексей Саврулинилгун Дагъистаналъул бетIер МухIамадсалам МухIамадовасул букIараб рагIи дандеккунгитIиялъул бицунеб букIана информациялъул алатаз. Гьединго букIана Жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулесулгун рагIи дандеккунгутIиял гьесул заместителал тIамиялда хурхун.

Гьеб министерлъи буго жибго жиндиего чIараб ва мукIурлъула Москваялда бугеб централияб министерлъиялъе. Гьединал шартIазда дида мекъаблъун бихьула республикаялъул нухмалъулесдаса криминалалда, терроризмалдагун экстремизмалда дандечIеялъул хIасилал тIалаб гьари. Гьесул гьечIо рехсарал идарабазда асар гьабизе гIурал ихтиярал».

Москваялдаса республикаялде хъулухъалда тIамулел хIакимзабаз хвезабулеб буго кинабго ва гьаниб бугеб ришватчилъиялъе ва дандеккунгутIиязе гIайибиял гьел ругилан бицана Эркенлъи радиоялъе политикиял гIелмабазул доктор, Дагъистаналъул гIелмияб централда хIалтIулев МухIамадов ГIабдулагьица.

МухIамадов ГIабдулагь: «Дагъистаналда кинабго бараб буго хIакимзабазда. ЛъикIаб, яхIги намусги бугеб халкъалъе ккун буго гьанже лъай гьечIеб, бикъа-хъами гурони лъалареб, гIарцул гурони ургъел гьечIеб хIакимлъи. Бищунго кIудияб хъулухъалда ругел чагIи Москваялдаса тIамула. Гьезда лъаларо Дагъистаналъул гIадамазул тIабигIат, гьезул рукIа-рахъин, гьезул хасият. Бищун кIудияб чороклъиги гьез гьабула гьаниб.

Гьез чорок гьарула гьанир ругел гIисинал хъулухъчагIиги. Дагъистаналъул нухмалъулесеги щибниги хисизабизе захIмалъула, гьесда гьел хIалтIудаса рахъизеги кIоларо Москваялъул ихтияр гьечIого. ЦIакъго гIемерал мисала рачине бегьула гьелда хурхун. Гьединаб гIакълу гьечIеб, бичIчIи гьечIеб гIуцIи буго жакъа Россиялда. Гьединаб политикаялъ пачалихъ жанисан турулеб буго».

Журналист ХIасанова Заремаца рикIкIунеб буго Дагъистаналъул бетIерасул Конституциялда рекъон ихтиярал гIурал гьечIониги, гьаниб гIемерисеб живго президентасул хасияталда бараб бугин. 20I5 соналъ цIи вищизе кколев Дагъистаналъул нухмалъулев политикиял бухьенал гIемерав, финансазул ва жиндир рахъ кколел гIадамазул рахъалъ щулияв вугони гьесда гIемераб жо хисизабизе кIола. Къануназде балагьун чIани гьес щибниги гьабизе кIоларо, цоги къуват хIалтIизабизе кколин бицунеб буго журналисталъ Facebook.com сайталда.
XS
SM
MD
LG