Кьвагьулеб алат лъун букIун буго ХIажиевасул машинаялда гъоркь. Лъазаби гьабулеб гIадин, кьвагьулеб алаталъул муляж моцIалъ цебеги батун букIун буго гьебго машинаялда гъоркь.
Гьединал такъсирал вагьабиязде рехулеб гIадат букIуна низам цIунулезул. Хасго бакъан рекъезе рес буго жибго гьеб росуги вагьабиял гIемераб росулъун рикIкIунеб букIиналъ. Амма гьел чагIаздагун ХIажиевасда гьоркьоб бугеб бухьен чIезабизе кIолеб гьечIо.
Гъизилюрт мухъалъул нухмалъиялда гьев вугеб заманалда районалъул полициялъулгун Комсомольское росдал гIадамазул дандеккунгутIи камулароан. Амма хъулухъалдаса ун хадуб гьесда гьеб бецIиялъулги магIна гьечIо. Живго МухIамад ХIажиевги гIодовиччараб хасияталъул ва гIадамазул адаб толарев чи вукIана. ГIицIго ракьазда хурхараб разилъи гьечIолъи букIанин жидер гIадамазул ахираб заманалда МухIамад ХIажиевасдасаян бицана «ЭР-ялъе» Комсомольскоеялдаса Гъази МахIмудовас.
Гъази МахIмудов: «Гьев чIвалалде цебе, рузман къоялъ, 80 гIан чи ун вукIана ришватчилъиялда данде къеркьолеб жамгIияб комитеталде гIарза хъвазе - минаби разеги, цогидаб мурадалъеги ракьал кьеян, гьез хъван бугоан магIишаталъул техника бичун бугин, жидер ракьал карьералъе ричун ругилан. Руччабиги, гIолохъабиги рукIун руго. Гьес гьезие инкар гьабун букIун буго ракьал кьезе. Гьеб мехалда цо АхIмадин абурав чияс абун буго карьералъе бичизе бугеб ракь жидее минабазе щайин букIунареб абун. Гьедин «Эркенлъиялдаса» бутIа щвезе кколел нижер гIадамал руго чIезе бакIги гьечIого цо минаялъув чанго чи».
Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиевасул гIагарав чи хIисабалдаги «Эркенлъи» абун цебетIураб магIишат гIуцIарав чи хIисабалдаги лъалаан гьев гIемерисезда. Жинда сверухъ ахIи-хIур бокьунгутIиялъ ун ватизе бегьула исана лъагIалил байбихьуда гьев Гъизилюрт мухъалъул нухмалъиялдасаги. Дагъистаналъул вакиллъун Москваялда вукIарав ХIажи МахIачев хIадурулев вукIана гьениве. Амма къокъидаго республикаялъул нухмалъиялде Рамазан ГIабдулатиповги вачIун, гьенир хиса-басиял ккана. МухIамад Шабанов гьениве ккелалдего, щибгIаги тIадкIалъайги гьабичIого, бигьаго хъулухъ тана МухIамад ХIажиевас. Гьедин гьев вуссана жинцаго гIуцIараб «Эркенлъиялде». Гъизилюрт мухъалъе нухмалъи гьабулебгIан заманаялъ гьес гьенив жиндирго гIагарав чи тун вукIана.