Гьелъул магIна буго цIалдохъабазе бокьичIони, гьанжеялдаса хадуб гьезда хIалицаго рахьдал мацIал малъизе гьечIин абураб. Думаялъ гьединаб къанун гьоркьоб лъеялъе гIилла бичIчIизабулеб буго Дагъистаналдаса депутат СафаргIалиев ХIажиметица "Национальный акцент" абураб сайталда. Ахираб заманалда цIалдохъабазул улбуз гIарзал рахъун рачIарал гIезегIан кагътал ругила гIурус мацIалъе заралги гьабун бокьаниги-бокьичIониги рахьдал мацIал лъазаризе тIамулел ругин гьелилан. Рахьдал мацI жидецаго тIаса бищизе ихтияр кьезе кколин гIадамазеян рикIкIунеб буго СафаргIалиевас.
ИЯЛИялъул директор МухIамадов МухIамад: "ГIемермиллатал журан лъугьараб хIукумат буго нилъер. Нилъехъа нилъерго мацIалги рахъани, нилъерго миллаталда, гIамал-хасияталда тIасан хIуччги цIанани, щал нилъ кколел? Гьединлъидал, дица рикIкIуна, гьеб бугин цIакъго заралияб, хIукуматалда данде чIараб къанун. СССР биххаралдаса нахъе Думаялъ гьабун букIун батиларо гьединаб хIукму. ТIаде гIолеб гIелалда рахьдал мацIал лъалел гьечIилан ахIи балел руго нилъ. Нилъер гьединаб хIаракаталда тIад мал чIолеб буго депутатазги".
Бицен гьабулеб къанун Думаялъ ахираб цIалиялдаги къабул гьабуни, улкаялда кутакаб разилъи гьечIолъи бижизе рес буго. Гьедин бицана ЭР-ялъе мацIазулгун литератураялъул ва культураялъул рахъалъ Дагъистаналъул ГIелмияб централда гIуцIараб институталъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадица. Щайгурелъул гIемермиллатаздасан гIуцIараб Россиялда цониги миллаталъе бокьизе гьечIо жалго рикIкIунгутIи. Гьединго Думаялда ругел гIурус миллаталъул депутатазе жидерго мацI бокьулеб гIадин, нилъееги нилъерго мацI бокьулеблъи лъазе кколаан гьезда.
ИЯЛИялъул директор МухIамадов МухIамад: "Дора руго Дагъистаналъулги депутатал - кIуди-кIудияб ресалъул чагIи. Гьезги дол цоязде бадибе рагIи абизе ккела. Нагагь гьеб закон къабул гьабуни, бакI-бакIазда халкъалъ жидерго пикру загьир гьабизе батила. Гьеб жо биччалинги кколаро".
МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей ГIахьвахъ мухъалдаса Зулайпатие данде кколеб гьечIо жиндир лъималазда рахьдал мацI лъангутIи.
ГIахьвахъ мухъалдаса Зулайпат: "Гьедин батани, кинабго кIочон тезе ккелаха - нилъерго гIадаталги гIамалги... ГIисал динги босун, гIурусалде разе ккелаха... Херлъараб мехалда рукIинаха "принеси", "дай" бачунел. Лъаларо, дица дирго лъималазда малъула рахьдал мацI, школалдаса воххуца холаго вачIуна дир вас магIарул кучIдулги лъан".
Пачалихъияб Думаялъ гьеб къанун къабул гьабиялдалъун Россиялда бищунго зарал Дагъистаналъе кколин рикIкIунеб буго "Миллат" газеталъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас.
МухIамад БисавгIалиев: "Гьеб къануналъул проекталда бан гIадамазул хьул бугеб жо ккола гIицIго президентас гъулбас гьабунгутIи. Гьелдаги божизе бакI гьечIо. Щайгурелъул Думаялда гIемерисел депутатал "Единая Россиялдаса" руго. Президентас разилъи кьечIеб жоялда тIад киданиги рекъоларо гьелги. Цогидал республикабазе, масала, Татарстаналъе гьелъул тIири къварилъи гьечIо. Щайгурелъул доба буго цохIо мацI, жидерго мацI малъиялъе къваригIунеб гIарац балагьизеги кIола дозда. Бищун кIудияб кьаби гьелъул щола Дагъистаналъе. 14 батIияб мацIалда риччала газетал-журналал, кIалъала радио-телевидение. Гьадинги 80 проценталъ дотацияз хьихьараб Дагъистаналда 14-ни киб, цохIо мацI малъизецин шартIал гIуцIизе кIоларо".
Бицен гьабулеб къануналда хурхун рагьун бихьизабулеб дандечIей гьечIо Дагъистаналда. Амма Татарстаналдагун Башкириялда бахIсалгун акциял тIоритIулел ругин бицуна.