Ссылки для упрощенного доступа

Зазил кварида нахъа


Туснахъалда ругел чагΙаз жидер шартΙаздаса разилъи гьечΙолъи загьир гьабун ракъи лъазибиялъул ялъуни жидерго бидурихьал къотΙиялъул хΙужаби къанагΙатал гьечΙилан рикΙкΙине бегьула Дагъистаналда. Исана кΙиабилеб нух буго МахΙачхъалаялъул тΙоцебесеб цΙех-рехалъул изоляторалда жанир тΙамураз ракъи лъазабулаго. Март моцΙалъ букΙараб ракъи лъазабиялъул хΙасилалда щибниги хисичΙин, жидер шартΙал лъикΙлъичΙин абун, нахъойги ракъи лъазабун буго рехсараб изоляторалда жанир тΙамураз.

МахΙачхъалаялъул тΙоцебесеб цΙех-рехалъул изоляторалда жанир тΙамураз ракъи лъазабун бугилан информациялъул алатаз баян кьуна тΙоцебе 6 абилеб июлалда. «Кавказский узел» сайталда бицунеб буго туснахъазул гΙагарлъиялъ лъазабунин, жанир тΙамурал жидер гΙагарал рази гьечΙилан туснахъалда ругел шартΙаздасайилан. МухΙканго абуни, гьез тΙалаб гьабулеб буго гордазда махал хиси, мобилияб бухьен къинабулел алатал жидеда квешаб асар гьабулеб бугин, магΙарзул къалаздаса би бачΙулеб бугин, бетΙер унтизабулеб бугин. ГьабсагΙаталда ракъи лъазабун бугин 300 гогΙанасев чиясин хъвалеб буго сайталда.

ТΙоцебе информациялъул алатазда бицунеб букΙана Ι00 чиясул хΙакъалъулъ. Жибго цΙех-рехалъул изоляторалъул нухмалъулез ва федералияб тамихΙ тΙубазабиялъул федералияб идараялъул Дагъистаналда бугеб хъулухъалъул нухмалъулез байбихьудасаго гьединаб хΙужа гьечΙилан рикΙкΙунеб буго. ТамихΙ тΙубазабиялъул идараялъул пресс-хъулухъалъул хΙалтΙухъан ХΙасанов Амирханица ЭР-лъе кьураб баяналда бицунеб буго цохΙо чи вукΙанин ризилъи гьечΙолъи загьир гьабулев, гьевги гьабсагΙаталда кваналев вугилан.

ХΙасанов Гlамирхан: «ГΙемер чи гΙахьаллъараб ракъи лъазаби букΙинчΙо ва гьечΙо. Гьеб хабар тΙибитΙизабун буго жидеего хасиятаб къагΙидаялъ "Кавказский узел" сайталъ. ЦохΙо чи вукΙана жиндир гΙарз къабул гьабеян гаргадулев, гьесул гΙарзаги къабул гьабун буго цΙех-рехалъул изоляторалде щварал Омбудсмен ГΙумарова Умупазилица ва МахΙачхъалаялъул прокурорасул кумекчи ГъазимухΙамадов Мурадица. Гьес тΙалаб гьабулеб букΙана мобилияб бухьен къинабулел алатал нахъе рахъи, гьезул гьаркьаз жиндир бетΙер унтизабулеб бугилан, магΙарзухъан би бачΙунеб бугилан абун. Хадуб гьезда бихьизабуна техникияб хал гьабиялъул идараялъул официалияб кагъат. Гьелда хъван буго, гьел алатал инсанасул сахлъиялъе зарал гьечΙел ругилан ва кинабгΙаги гьаракь гьелъул гьечΙилан. Информациялъул алатаз абухъе 300 чи гΙахьаллъараб ракъи лъазаби гьечΙо, вуго цо чи рази гьечΙев, гьесие кумек гьабизе бокьарал жеги лъабгоялги руго, амма гьел ракъи лъазабиялъулъ гΙахьаллъараллъун рикΙкΙунаро. Гьединаллъун рикΙкΙуна цΙех-рехалъул изоляторалъул нухмалъулесул цΙаралда гΙарза щварабго, гьединаб гΙарзаги гьезухъа жеги щун гьечΙо».

Информациялъул алатаз лъазабулеб буго 9-абилеб июлалда МахΙачхъалаялъул цΙех-рехалъул изоляторалде щванин Дагъистаналъул Омбудсмен Умупазиль ГΙумарова ва жанир тΙамураздаса ихтиярал хвезариялда хурхун гΙарзал къабул гьарунин. Эркенлъи радиоялъул мухбирасе гьеб хΙужаялда хурхун баян кьечΙо Умупазиль ГΙумаровалъ ва гьелъ нухмалъи гьабулеб идараялъул пресс-хъулухъалда.

Гьебго заманалда, «Правозащита» абураб инсанасул ихтиярал цΙунулеб идараялде бачΙана ракъи лъазабиялъулъ гΙахьаллъи гьабулев ГΙалиев Нариманил кагъат. Гьеб кагътида Нариманица бицунеб буго ракъи лъазабизе жал тΙамунин изоляторалъул хΙалтΙухъабаз жал чΙечΙого рухиялъул, жидер ихтиярал хвезариялъул хΙужабазила. Гьединго гьес гьарулеб буго, жиндир гΙарзаялъул хал гьабейин, жив ункъабилеб къо бугин щибниги кваначΙогойин.

Бицунеб буго «Правозащита» идараялъул нухмалъулей Рустамова Гульнараца

Рустамова Гульнара: «Нижехъе кагъат бачΙун буго адвокатасдаса сверун ракъи лъазабуразул цоясул. Гьениб гьес бицунеб буго жидер масъалабазул. Кагътида цΙарал хъвалел гьечΙо ракъи лъазабуразул. Адвокат гьесухъе щун вуго, нижер идараялдаса чагΙи доре щвечΙо, ниж риччазеги риччаларо гьенире, нижер гьедигΙанасел ихтиярал гьечΙо. Гьенире ине бегьула халгьабиялъул комиссиялъул чагΙи, гьелги ун рукΙун руго, нижеца ахΙун букΙана гьезухъе. Чанабилеб нух бугеб, гьел телефоналъул бухьен къинабулел алатаздаса гΙарз буго гΙемерисезул, гьез бетΙер унтизабулин ва психикаялда асар гьабулин. Цойги бицунеб буго хΙажатханаялдацин камераял лъун ругин, эркенаб хΙалалда хΙажатханаялда инецин толел гьечΙилан. Цинги гΙарз буго горда ругел маххал цΙакъго гΙисинал ругилан, гьенисан гьава жанибе бачΙунеб гьечΙилан. Цебеккунги нижехъе гьединабго гΙарза щун букΙана. Доб мехалъ доба бидурихьал къотΙун рукΙана туснахъаз».

МахΙачхъалаялъул тΙоцебесеб цΙех-рехалъул изоляторалде 9 июлалда гьединго щвана жамагΙаталъул хал гьабиялъул комиссиялъул нухмалъулев Айгунов ХΙасан. Гьесул рагΙабазда рекъон гΙемер чи гΙахьаллъараб ракъи лъазаби гьениб гьечΙо, жидер шартΙаздаса разилъи гьечΙолъи загьир гьабун гΙарзал кьун руго ункъо чияс.
XS
SM
MD
LG