ТΙабигΙияб балагьалъ зарал гьабурал гΙадамаз батΙи-батΙиял информалатаздаса бицунеб бугоан шагьаралъул нухмалъиялъ ва республикаялъул тΙалъиялъ жидер балагьалде кΙвар кьолеб гьечΙин. Гьелъул хΙакъикъат лъазабиялъул мурадалда Дербенталде щварабго унго-унгоги лъикΙаб гуреб хΙал бугоан.
Шагьаралъул аслиял къватΙал рацΙцΙад гьарун руго, амма лъеца аслияб зарал гьабурал къватΙал жеги добго хΙалалъ ругилан абизе бегьула. Мисалалъе, Мамедбековасул къотΙнор гьабсагΙаталдаги машинаял гурел, гΙадамалги хьвадизе бегьулеб хΙал гьечΙо.
Гьеб къотΙноб гΙумру гьабулев пенсионер Гульахметица бицана гΙемерисел гΙадамал жидее кумек щоларого шагьаралъул нухмалъулезухъе хьвадулаго моцΙ ун бугин. «Цо-цоязе кΙиго нухалъ щун буго кумек, цогидазе щибниги щун гьечΙо, гьаниб кинабгΙаги гΙадлу гьечΙо гΙарац кьеялъул» - абун бицана Гульахметица. Цойги гьебго къотΙноб гΙумру гьабулев Шагьидица бицана жинидир мадугьал, херай гΙадан рехун рукъги тун ун йигин, пачалихъалдаса гьелъие кинабгΙаги кумек гьечΙилан.
Ралъдал рагΙалда гΙумру гьабулев Айриян Арсеница бицана кинабго шагьаралдаса бачΙараб щинаб лъим жидер рукъзал ругеб бакΙалде щванин ва бищунго кΙудияб зарал ккаразул цояв жив вугониги гΙарац кьолеб гьечΙин.
Айриян Арсен: «Гьеб киназего кьолеб 25 азарго гъуруш гΙарац кьолелъул дун ана гъозухъе, диего щвезе абун. ЦΙезаруна киналго документал. Хадуб дихъе ахΙун бачΙана щибалиго мекъи цΙезабун бугин, дун инеги ун кΙиабизеги цΙезаруна документал, бихьизеги гьабуна битΙун хъван бугищан кинабго. ГΙадамазе гΙарац кьолеб мехалда дида гьудулзабаз абуна гьез гьеб кьезегΙан валагьун чΙогейин, гΙарац кьун лъугΙулеб бугин, инеги ун дуцаго тΙалаб гьабейин. Собесалде арабго дир документал гьечΙилан абуна. Дир цΙар хъван бугоан имагΙаласул вас хΙисабалда, ай дир хъизан гьечΙилан. 25 азарго щибаб хъизаналъелъидал кьезе кколеб букΙараб. ИмгΙаласул вас гьезего гьечΙо, цохΙо яс гурони».
Арсеницаго гΙадин кумек щвечΙилан гΙарз гьабулеб буго гьесул мадугьалзаби АхΙмадица ва МухΙамадбегица. Гьезулги документал рилун руго.
ГΙадамазе гΙарцулаб кумек щунгутΙиялъул хΙужа тΙубанго гьедин гьечΙин, гьединал ишал рукΙине бегьула тΙоцересел къояз букΙараб гΙадлу гьечΙолъиялъ абун бичΙчΙизабулеб буго Дербенталъул гΙадамал социалияб рахъалъ хьезариялъул централъул нухмалъулей Терещенко Людмилаца. Гьелъул рагΙабазда рекъон кумек киназего гьабулеб буго, жиндир заманалда ва гΙураб къадаралда документазул сияхΙ щвезабуни.
Терещенко Людмила: «Кумек щун буго Ι392 хъизамалъе. Гьел кколел руго гΙага-шагарго анлъазаргоялде гΙагарун чагΙи. Руго цо-цо нижеца кумек гьабизе инкар гьабуралги, щайгурелъул гьезие зарал ккун гьечΙо. Киназего кьолеб букΙиналдаса пайдаги босун жидее гΙарац тΙалаб гьабулелги камулел гьечΙо. Зарал киназего ккун гьечΙо. Кумек гьабизе кколел киназего нижеца гьабулеб буго кумек. Руго цо-цоял гьеб мехалъ рокъор рукΙинчΙел, больницаялда ялъуни росулъ рукΙарал ва жидее зарал ккарал. Гьединазул документазул хал гьабулеб буго нижеца гьабсагΙаталда, администрациялъ хал гьабулеб буго гьезие кумек гьабизе ккеялъул. Арсен Айриянил документал рилун гьечΙо. Гьесие гΙарац щунгутΙиялъе гΙилла буго, документал хΙадурулаго гьева жиндирго имгΙаласде тΙад хъван вукΙун вуго гьесул василан ккун.
Доб бакΙалда ункъо рукъ букΙун буго, нижехъе лъабго рукъалъул гурони документал щун гьечΙо. Гьесул кинабго магΙишат хун букΙиналъул хΙисабги гьабун, нижеца администрациялда лъазабуна, щайгурелъул нижеца гΙарац киназего кьун лъугΙун буго. Администрациялъ кумек гьабизе тΙаде босун буго».
Дербенталда гΙадамазе кумек гьабулеб гΙолилазул къокъаялъе бетΙерлъи гьабулей, цееккун гьединабго балагь ккараб Крымск шагьаралдаги йикΙарай Дибирова Луизаца абуна Крымск шагьаралда букΙаралда данде ккун, Дербенталда бугелде лъицаниги кΙвар кьолеб гьечΙин. «ГΙадамазги гΙарз бахъулеб гьечΙо, руцΙцΙун чΙун жидерго рукъзабазда квал-квадулел руго. Лъаларо, гьанир ругьунлъун ратилаха чорокал къватΙазде ва лъим кΙанцΙулел рукъзабазде».