Гьениб дагъистанияз къабул гьабураб резолюциялда Россиялъул президент Владимир Путинил кIвар буссинабулеб буго гьабсагIаталда Дагъистаналда вугев нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламида жидеца божилъи гьабулеб гьечIолъиялдеги. Гьедин батани, гьеб данделъиялъул гIахьалчагIаз гьев хисун Дагъистаналъул нухмалъиялда тезе чиясул цIар абичIиланги бицунеб буго Казениница. Жакъа дагьал ратиларила гьесул бакI кквезе бажарулел чагIи, амма официалияб къагIидаялда гьезул цонигияв загьирлъичIила гьеб данделъиялъул хIасилалда. Жидер мурад гьединаб букIинчIин баян гьабулеб буго гьеб пикру ЭР-лъе Москваялда дагъистаниязул данделъи гIуцIиялъе квербакъарав ХIажимурад ГIумаровас.
ГIумаров ХIажимурад: «Гъосул бакIалда теез чиясул цIар абизе тарав президерт вуго Россиялъул федерациялда. Данделъиялде рачIарал гIадамазул ихтияр букIинчIо гьениве чи вищизе. Гьезул ихтияр букIана жакъа Дагъистаналда питна багъарулеб бугилан абизе. Гьеб лъаларев чи жакъа гьенивги гьечIо».
Москваялда тIобитIараб гьеб данделъиялдехун жидер кинабгIаги бухьенги букIинчIин, гьелъ кьезе жоги гьечIин абураб магIнаялъул хитIабал гьарулел руго Дагъистаналда муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезги, жамгIиял гIуцIабазул вакилзабазги. Гьеб данделъиялде иналдаса ракIбухIи загьир гьабураб пресс-конференция кьуна журналист Саният Мансуровалъги. Москваялде ритIухълъи балагьизе ун йикIанин жий, амма «Справедливая Росииялъул» Дагъистаналда вугев нухмалъулев ГIумаров ХIажимурадица жиндирго мурадазе гIоло махсароде ккун ратанин жалилан лъазабуна гьелъ. Масала, данделъи лъугIун хадур жал, Дагъистаналдаса 10-12 чи «Космос» абураб отелалъул рагьдухъ рехун танила. ТIадруссун рачIине кинабгIаги гIарацги чIезе бакIги кьечIого танила. Гьелда бан ГIумаров ХIажимурадица ЭР-лъе абуна хас гьабун жинца Дагъистаналдаса вакил гьаюн ахIарай гIадан гурила Мансурова Саният йикIарай, гьеб гуребги гьеб букIанила Дагъистаналда ругел масъалабазул бицине кIварас кIвараб гьабун тIобитIулеб букIараб данделъи.
ГIумаров ХIажимурад: «Вагьабисталгун террористал ракIарулел ругин нижецайинги абун, цохIо санэпидстанция хутIизегIан киналго хъулухъал ракIарун рукIана гьез гьенире. Жидахъего бажарарабщинаб жо гьабулел, къаси-къад кьижичIого гIолохъабиги рукIана гьенир. Гьеб къоялъ къаси ичIго тIубазегIан дида аскIой йикIана Саният сайт гьабиялъул бицуней. Гьедин къаси ичIго тIубайдал ана дун гьениса нахъе, сихI-калам гьей гIаданалъулги букIинчIого. Гьелдаса хадуб гьелъ бахъинабурабщинаб ахIи-хIур бихьуларищ?»
Жиндие тIадюссун ячIине гIарац кьечIин ГIумаров ХIажимурадицайин журналист Мансурова Саниятица бицунеб пресс-конференциядаса вахъун ана Казбек мухъалдаса Гъайирби Гъайирбиев. ХIажимурадил гIарцуда бараб жо жиндир щибниги букIинчIин, жив жиндирго идеялъе гIоло ун вукIанин Москваялдеян абуна гьес ЭР-лъе.
Гъайирбиев Гъайирби: «Дир ракIчIараб буго гьеб нижеца гьабураб жо мекъаб гьечIолъиялда. Цойги къваригIани, жеги къватIире рахъине хIадуралги руго. Дун лъицаниги махсародеги кквечIо. Ришватчилъиялда дандечIун Казбек мухъалда гIуцIараб комитеталъул нухмалъулев ккола дун. Дагъистаналда щибаб муниципалияб гIуцIиялда буго гьеб ришватчилъиги. Жидерго хъизаналъул бюджетин кколеб буго гьезда гьеб пачалихъалъул бюджетги. Республикаялъул нухмалъулев хъулухъалдаса гIодов чIезе кколин лъазаби щай нижеца гьабураб? Щайгурелъул гьаб ришватчилъиялъе ахир лъезе бажарулеб гьечIо гьесухъа. 2010 соналъул 15 декабралда тIалъиялъ гьабураб данделъиялде рищун рукIана руцIцIухIун чIолел хIелхIелчагIи. Казбек мухъалдасан виччачIого, жамгIияб палатаялдасан вакил гьавун вукIанин жив гьениве. Медведев вукIана доб мехалда президентлъун. Гьесие рагIизе бокьараб хабар бицана гьениб. Халкъалъейин абуни бокьун букIана бикъа-хъамиялъулги цогидалъулги. Гьабилин, тIубазабилин абун харбалги рицун, рекъезабуна доз кинабго. Амма гьелдаса нахъе хисараб жо ккечIо. Депутатал рукIа, хIукуматалъулгун диниял рукIа цересан гъурулел гIадамалги руго Дагъистаналда».
Дагъистанияз Москваялда тIобитIараб данделъиялда тIасан загьир гьарурал пикраби гIезегIан руго фейсбукалдаги. Гьезда гьоркьоб аслияб бакI ккола я Дагъистаналъул тIалъиялда, я гьеб данделъи тIобитIарал ГIумаров ХIажимурадидагун Амутинов Амучида рекъоларел дагъистаниязул хъвай-хъвагIаяз. Республикаялъе къваригIун бугин гьезда бачIеб лъабабилеб къуватин абураб пикру буго гьезулъ.