Байсултановас рикIкІунеб буго 2006 соналъул 3 ноябралда Казбек мухъалъул женисел ишазул идараялъул хIалтIухъабаз жиндир васасул лъимадуе йикІарай лъади чIванила. Низам цIунулезул лъазабиязда рекъон, гьеб къоялда тІобитІулеб букІун буго хасаб операция.
Байсултановасул вас ХIасан Хасавюрталдаса изну гьечIого яргъидгIуцIцIаразде гъорлъ уневлъун вугилан рикIкIунеб буго низам цIунулез. Хасаб операция тІобитІулеб мехалда гьесдаса тІалаб гьабун буго кверде вачIин, амма гьес инкарги гьабун, кьвагьдезе байбихьун буго. ХIасан лъукъун вуго.
Лъугьа-бахъаралъул нугІзабаз ва Байсултновасул гIагараз ахIи-хIур бахъинабуна хадуб низам цIунулез гьерсал рицулел ругинги абун. «Рорхьлазулгун» ХIасанил киналгIаги бухьенал рукIинчIин, абулеб буго инсуца.
Маматхан Байсултановас гIарза хъвана прокуратураялде, жиндир вас лъукъаралги гьесул лъади чIваралги полициялъул хIалтIухъабазе къануналда рекъон тамихI гьаби тІалаб гьабун. ЦIех-рех рагьана 2006 соналда. Байсултановас бицаралда рекъон, цех-рех байхьаралдаса хадуб гьеб І6 нухалъ къана ва рагьана. Такъсирияб иш бачунев І0 цIех-рех чи хисана.
Басултановас абухъе, гьесул хьул буго гьанжегIаги диваналде щвелин гьеб ишин.
Июналъул ахиралда Маматхан Байсултанов дандчIвана Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадсалам МухIамадовгун. Ахирисес лъазабуна, жинца буюрухъ кьелин цIех-рех ахиралде бахъинабиялъул ва гьеб диваналде щвелин гIагараб заманалда.
Республикаялъул бетІерасде Байсултановас бицун буго гьединго, баллистикияб экспертизаялъ бихьизабунин, жиндир васасул лъимадуе йикІарай лъади хасаб кокъаялъул нухмалъулев Анас Сатираевасул цIаралда бугеб автоматалдаса речIарал гуллби щун хун йикІинила. ЦIех-рехалъул комитеталъ цIацIан бачунеб букIанин гьеб ишалда хурхун цёехх-реххалъул тадбиралин. Гьеб хІехьезе свакан, жинца гIарза хъванин Инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул диваналде.
Дагъистаналъул прокурор хисулев МухIамад Дибировас рикIкІунеб буго лъугьа-бахъиналъулъ гIайибавлъун щив вугевали чIезабизе цIакъ захIматго бугин. Гьебго заманалда Байсултановас абулеб буго гIайиб рехсарал полициялъулал гIайибиял рукІин чIезабулел хасал документал жиндихъ кодор ругин. Диваналъул процессалда жив бергьине вукІиналда жиндир кинабгІаги щаклъи гьечІиала.
Жиндирго цІар къватІиб чІвазабизе бокьичІев Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъанас «Эркенлъи» радиоялъе бицана такъсир гьабиялъул иш рагьун бугин Уголовияб Кодексалъул щуго статьялда рекъон. Гьезда гъорлъ буго, мисалалъе, «лъачIого чи чIвай», «тIаса-масаго хIалтIи гьаби» ва гь.ц.
Такъсир гьабиялъул ишалда гIайиб гIунтIизабулеллъун рихьизарун руго Казбек мухъалъул жанисел ишазул идаралъул хасаб къокъаялъул нухмалъулев Анас Сатираев ва гьеб къокъаялде гъорлъе унел Артур Шепиханов, Муслим Увайсов, Сулейман АбдурахIманов ва Марат ГІабуков.
ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъанас абуна цIех-рехчи Джамбулат Белетовас такъсир гьабиялъул ишалда хурхараб хIасил-калам рехсараб хасаб документ хIадур гьабун бугин ва хал гьабиялъе нухмалъулесухъе битIанин ва даиваналде гьеб щвезе кколин бачIунеб анкьалъул байбихьуда.
Амма ЦIех-рехалъул комитеталъул пресс-хъулухъалъул вакилас кьураб официалияб информациялда рекъон, цIех-рех гьанжеги халат бахъунеб буго.
Экспертаз рикIкІунеб буго Дагъистаналда ахIвал-хIалал хІалуцараб букІиналъул гІайиб хІалтІул махшел гьечІел, тIаса-масаго хIалтIи гьабулел низам цIунулезулги.
Пенсиялда вугев полициялъул капитан Руслан Расуловас абуна «Эркенлъи» радияолъе низам цIунулезда хIалтIизе лъаларилан.
Руслан Расулов: «Кинаб бугониги масъалаялде данде къеркьелалде цебе, чIезабизе ккола гьеб масъала баккиялъе кинал гIиллаби ругелалил. Гьединаб анализ жакъа къоялда низам цIуниялъул системаялда гьабулеб гьечIо. ХIалтIулел руго статистикаялъе.
Щай низам цIунулездехун гIадатиял гIадамазул лъикIаб бербалагьи гьечIеб? Гьеб суалалда тIадгIаги щай ургъулел гьечIел жалго низам цIунулел. Гьезд гъорлъ махщел бугел къанагIатгурони хІалтІухъаби ратизе гьечIо. Низам цIуниялъул тIубанго система босани, абизе бегьула махщел гьениб гьечIилан».
Низам цIунулез лъукъарав Байсултановасул вас ХIасан минагун магIищатги тун, цIияй чIужуги ячун гочана Дагъистаналдаса Россиялъул цогидаб регионалде. Жиндиргоги васасулги минаби ричулел ругин лъазабиял чIван руго кавуязда Маматхан Байсултановасги. Гьесда ракIалда буго жиндирго хъизангун Россиялдасаго гочине.

(Авторасул суратал)