Саратовалдаса вачIарав гIурусав чIинтIарав чи ккун вугин лъазабуна республикаялъул официалияб агентлъиялъ 11 июлалъул радал. ЛъаратIа мухъалдаса «Лада» автомобилалда унев вукIарав чи ватанила гьев. Каспийскалдаги Хушет росдадаги гьоркьоб шагьранухда чIун вукIун вуго дов чIинтIарав чи. ЦIарги Олег Сарафанов букIун буго. Каспийскалда кирпич къотIулеб заводалда хIалтIулев вукIанила Сарафанов.
10 июлалъул сардилъ интернет цIезабун букIана Рамазан ГIабдулатIиповасде гъегъги бан гьарурал хъвай-хъвагIаязул. Аслияб куцалда кIийиде рикьун рукIана гьенир хъвадарулел чагIи – цоял республикаялъул бетIерасул рахъги ккун, цогидал – гьесде гIайиб гьабулел.
Официалияб версиялда рекъон, гьеб лъугьа-бахъин ккарабго вахъун къватIивегун чIинтIарасе кумек гьабизе лъугьун вуго гьеб шагьраялдасан унев вукIарав Дагъистаналъул нухмалъулесул автомобиль бачунев вукIарав чи. Живго Рамазан ГIабдулатIипов гьенив жанив вукIун гьечIо.
Гьеб хIужаялъе къимат гьадин кьолеб буго Дагъистаналдаса блогер МикагIил МикагIиловас.
МикагIил МикагIилов: «Ургъунго гьабураб жо гIадин бицунеб, хъвалеб буго гьелъул хIакъалъулъ киса-кибго – киндайила кIвана гьединаб жо гьабизе, жеги ккун букIинчIила гьединаб хIужа Дагъистаналъул тIадчагIазухъа. Бокьарав чиясухъа бокьараб жо ккезе ерс буго. Амма дир хIисабалда, дагъистаниязда рекъечIел, учузал харбал руго гьел».
Интернеталда гьебщинаб хъвай-хъвагIаялъе нух букIунароанин республикаялъул бетIерасул вакиллъиялъ жиндир заманалда гьелъие баян кьурабаниян рикIкIунеб буго «Черновик» газеталъул журналист МухIамад МухIамадовас. Гьединлъидал гьел харбазе ахир гьадин лъезе кколинги абуна гьес ЭР-ялъе.
МухIамад МухIамадов: «Дов чи республикаялъул нухмалъулесул кортежалъищ чIинтIарав яги гуревищали чIванкъотIун жаваб кьезе бегьула гIицIго видеорегистраторалъ. Кортежазда ругел автомобилаздаги полициялъулазул автомобилаздаги лъун рукIуна гьел. Халкъалдаго бихьизе информалатазухъе кьезе ккола гьениб бахъараб сурат. Гьеб мехалда лъала рсепубликаялъул бетIерасул автомобиль бачунесда гIайиб бугищ гьечIищали».
Фейсбукалда ругел хъвай-хъвагIаял мисалалъе рачани, блогер Лейла Бахадорица хъвалеб буго 10 июлалъул сардилъ Каспийскиялде унеб нухда ккараб хIужаги багьанадуй бачун Дагъистаналъул бетIерасде гьулчулеб бугеб хъублъиялъухъ балагьубн ракIалде ккезе бегьулила Дагъистаналде хIалтIизе вачIун вукIарав гьев Сарафанов цо хасал чагIаз ургъунгогицин чIезавун вукIун ватилин ГIабдулатIиповасул кортеж унеб нухда. Амма гьелдаго цадахъ жинда бичIчIуларила гьев чи кортежалъ кин чIинтIулевали. Щайин абуни кортежалдаги цебе полициялъул автомобиль букIунелъулила.