Гьел рикьизе бегьула кΙиго бутΙаялде: тΙоцересел рукΙана МухΙамадсалам МухΙамадовасдаса рази гьечΙел, кΙиабилел – гьелъул гΙаксалда, президент хъулухъалда цΙунизе кколин рикΙкΙунел. КΙиабилеб къокъа сихΙкъотΙун букΙана хамиз къо щвезегΙан. Информациялъул министр ХΙажиев Нариманица twitter.com сайталда хамиз къоялъ хъвана гьадин: «Гьедин букΙиналда щаклъи букΙинчΙо. Бергьенлъи!»-абун. Гьелдаса хадуб Президентасул рахъ ккурал блогераз хъвалеб букΙана МухΙамадсалам МухΙамадов В. Путинихъеги щун гьес хъулухъалда тун вугилан. Амма цониги официалияб информация кьечΙо я Дагъистаналъул, ялъуни Россиялъул президентасул пресс-хъулухъаз.
Василав Василов абураб цΙаралда гъоркь хъвадарулев блогерас рикΙкΙунеб буго президент хъулухъалдаса ине кколаанин. «ГьабсагΙаталда Дагъистаналда бугеб ахΙвал-хΙалалъул хΙисаб гьабуни, президент чара гьечΙого хΙалтΙудаса ине кколаан, амма Москваялъ киданиги гьелъухъ балагьун тΙалъи хисичΙо, гьанир ругел политикиял къокъаязул интересал цΙунун гурони», абун хъвалеб буго гьес «facebook.com» сайталда. Дарго Магомед абураб цΙаралда хъвадарулев блогерас хъвалеб буго МухΙамадсалам МухΙамадов вугин гΙолохъанав лъай бугев президент, гьесие халтΙи гьабизе гΙураб заман ун гьечΙин жеги. Рехсолел рукΙана блогераз гьединго президентлъун рукΙине бегьулел кандидаталги - Зияудин МухΙамадов, Сулейман Керимов, Рамазан ГΙабдулатΙипов, Сайгид МуртазагΙалиев, Саид Амиров ва гь. ц.
Анкьил ахиралде гΙемер батΙи-батΙиял пикраби загьир гьарулел руго гьеб кинабго ахΙи-хΙур лъица бахъинабураб абураб суалалъул хΙакъалъулъ. Рехсараб темаялда тΙаса «Эркенлъи» радиялъ бицана ахирал къоязул вищунго чΙагояв блогер Хадулаев Шамилица.
Хадулаев Шамил: «Дида ккола щалали лъаларел къокъабаз Россиялъул президентасухъе хΙакъикъияб гуреб информация щвезабулеб букΙанилан. Щайгурелъул, киназго бицунеб букΙана республикаялда криминалияб ахΙвал хΙал лъикΙаб гьечΙилан, гьанир чΙвай-хъвеял цΙикΙкΙун ругин ахираб заманалда, хΙатта гьеб гьедин гьечΙо, хΙалуцин гьелъул гΙаксалда гΙодоцун буго».
Рузман къоялъ МахΙачхъалаялда тΙобитΙана тΙолгореспубликаялъул волонтеразул данделъи. БатΙи-батΙиял тΙабигΙиял балагьазулъ ва гΙадамазе къварилъи ккараб бакΙалда гΙахьаллъарал гΙолилазе шапакъатал кьолел рукΙана. Информалатазул баяназда рекъон гьенир гΙахьаллъана 900гогΙан волонтер.
Дербент тΙабигΙияб балагь ккараб мехалъ гьениб аслияб хΙалтΙи гьабурал Луиза Дибировалъ ва Нурлан ГΙалиевас инкар гьабуна гьениб гΙахьаллъи гьабизе ва шапакъатал росизе. Цебеккун гьезулги Дагъистаналъул информациялъул министр Нариман ХΙажиевасулги дагΙба букΙана. «Фейсбукалда» Луиза Дибировалъ хъвалеб бугоан жинца инкар гьабулеб бугин шапакъаталдаса, щайгурелъул Дагъистаналъул тΙалъиялъ жиндие квал-квал гьабулеб букΙанин гΙадамазе кумек гьабизе. Гьединабго пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Нурлан ГΙалиевас.
Нурлан ГΙалиев: «ТΙоцебесеб иргаялда нижеца Дербенталда хΙалтΙи шапакъатазе гΙоло гьабичΙо, дица рикΙкΙунаро волонтеразе рес гьечΙого шапакъатал кьезе кколилан. КΙиабизеги, нижер дагΙба букΙана информациялъул министрасулгунги, президентасул аналитическияб управлениялъулгунги. Гьеб дагΙба лъугΙун букΙинчΙо, нижеда тΙасалъугьаян абулев чиги вукΙинчΙо, гьединлъидал доз кьолел шапакъатал росизе ин мекъаблъун бихьана. Кин бугониги, бокьун буго баркала кьезе гьеб тадбиралъулъ нижее шапакъатал кьезе кколилан рикΙкΙарал чагΙазе ва гьездехун кинабгΙаги дагΙба нижер гьечΙо».
Цойги блогераз кΙвар буссинабураб тема ккана талат къоялъ Хасавюрт шагьаралда тΙобитΙараб аваразул культурияб автономиялъул съезд. ГΙемерисез гьеб бухьинабулеб букΙана президентасул хъулухъалде къасд тΙамурал магΙарулазул данделъилъун. ГΙемерисеб мехалъ гьеб тема сверулеб буго миллиял дагΙба-къецазде. Зарема Баматали абураб цΙаралда гъоркь хъвадарулей блогералъ хъвалеб буго миллаталде балагьун хъулухъал рикьулеб гΙадаталъе ахир лъезе кколин, гьанде магΙарулал рукΙине ккола тΙалъуда абураб пикру мекъи бугин. Гьелдаго релълъарал пикраби загьир гьарулел руго цоги гΙемерал блогеразги.