Гьесул пикруялда рекъон, республикаялда ругелщинал масъалаби раккана ва хIалуцана динияб лъайгьечIолъи ва къуваталъул идарабазул тIаса ккараб хIалтIи рукIин сабаблъун.
Айгуновас хъваралда рекъон, терроралде дандечIеялъул хIалтIи къуваталъулаз эффективияб хIалалъ гьабулеб гьечIо. «ГIадатиял гIадамазе квал-квалалги гьарун бачунеб буго гьез жидерго хIалтIи. ТIадежоялъе изну гьечIого яргъидгIуцIаразда гъорлъ руго батIи-батIияб нухалъ гьенире ккарал чагIи. Рохьилазул кьердаса гIадатиб гIумруялде гьел тIадруссинаризеги ккола батIи-батIияб хIалалъ», - илан хъвалеб буго Айгуновас.
Гьесул пикруялда рекъон, рохьилазда гьоркьор гIолилал гIемерлъулел руго диниял радикалиял бербалагьи сабаблъун гурелги, полициялъул ва низам цIунулезул тIаса ккараб хIалтIи сабаблъунги: «ГIакъубаби кьун, хIинкъизарун гьаричIел таксъирал тIаде росизе тIамулел руго полициялъулаз ва цIех-рехалъулаз чагIи. Низам цIуниялъул гьединаб зулмуяб системаялдаса рорчIарал чагIазе батулеб гьечIо Россиялъул къануназда ритIухълъи, гьелдалъун къисасалъе гIоло гьел унел руго рохьазде».
Айгуновас рикIунеб буго республикаялда бугеб ахIвал-хIал хIалуцинабулеб бугин гIадамал рикъиялъул хIужжабазги. Гьес хъваралда рекъон, гIадамал рикъулел руго куъваталъул идарабазул хIалтIухъабазги, рохьилазги: «Къуваталъулаз рикъулел руго гIадамал рагьичIел такъсир гьабиялъул ишазулъ гIайибал тIаде росизариялъе, рохьилаз рикъулел руго гIадамал жидерго кьерда рачиналъе. ТIадежоялъе руго бизнесменал ва бечедал чагIи рикъулел такъсирчагIазул къокъаби. Жал рохьилал ругиланги абун, гьез рикъаразул гIагарлъиялъухъа гIарац тIалаб гьабулеб буго».
Масъалаби тIураялъе чанги нух бугилан хъвалеб буго Айгуновас. Гьес рикIунеб буго радикалияб диналъул рахъ ккурал гIолилагун дандчIвазе кколин хIакимал: «Гьез хIалбихьизе ккола бичIизе, щай гIолилал гьединаб диналде гъорлъ ккарал. Мажгитазда щиб малъелуб буго гIолилазда, кинал вагIзаби гьезие цIалулел ругел халгьабизе ккола».
Ахиралда гьес хъвалеб буго тIуразе кколел масъалаби гIемер ругин ва гьел суалазул бащдал тIуралин цохIо жоялъ – гъира бугони.
«Эркенлъи» радиоялъе Айгуновас абуна Дагъистаналъул цо-цо росабалъ лъимал школазде ричалел гьечIин эбел-инсуца, ритIулел ругин мадрасазде.
ХIасан Айгунов: «Дида лъаларо кинаб хIалтIи гьабулеб бугеб диниял суалал тIуразаризе кколел пачалихъиял идарабаз. Щиб хIалтIи гьабулеб милияб политикаялъул министерлъилъ? Щиб гьабулеб бугеб динияб идараялъ?
Дагъистаналъул цо-цо росабалъ лъимал школазде ричалел гьечIо эбел-инсуца, ритIулел руго мадрасазде. Исламалъ лъай гьукъараб жо гуро, амма гьеб щай эбел-инсуда бичIулеб гьечIеб. Дагъистаналда школаби гIолел гьечIо, амма цо росулъ щуго-ункъо мажгит буго. Диналде данде чIарав чи гуро дун, амма бичIизе ккола киназдаго мадрасазда щолеб лъайги школазда щолеб лъайги батIияб букIин. ТIадежоялъе мадрасазда дарсал кьолезда жидедагоги лъикI лъаларо Ислам».
Нилъеца гIумру гьабулеб буго къуваталъе бетIер къулулеб ва чиясул адаб цIуни загIиплъилъун къабул гьабулеб халкъалда гъорлъ, нилъеца гIумру гьабулеб буго гIолилаз мисал цIакъго къабихIал ва хIалихьатал церехъабаздаса босулеб заманалда», - илан хъвалеб буго блогер Мурад Мусаевас.
Блогерас хъваралда рекъон, гьабсагIаталда гIун бачIунеб гIел буго цIодораб ва хехго гIумруялъул шартIазда гъорлъе лъугьун бажарулеб: «Гьез гIумруялда бищулеб нух ва гIалам унеб бакI бараб буго тIалъиялда ва церехъабазда. Кинаб бугеб жакъасеб Дагъистаналда хIакъикъат? Цо нух - кIудияб спорталде, кIиабилеб нух – политикаялде букIине рес буго».
«Бигьаяб ва хехго гIарац бачIунеб хъулухъалде ишан ва гьелда сверухъ къеркьей буго жакъасел дагъистаниязе гIумруялъул магIналъун лъугьун», - илан хъвалеб буго блогерас.
«Щив вугев жакъа халкъалда лъалев ва вихьулеб бакIалде вахарав чи. Политикалин цIар бугел гIадамал, бидуца белъараб нухда тIараде рачIарал ва жидерго тахбакI цIуниялъе гIоло гIалам гъуризе нахъе къалареб халкъ. Рохьазда ругел диниял фанатикал, жидеца чIварал полициялъулазул къадаралдалъун къадру къваригIарал, гIундулгун къалал рекарал спортсменал, дандиясда бичIчIулеб хIалалъ пикру загьир гьабизе гIураб гIакълугун лъай гьечIеб къавм. Я гIалимчи, я хIалтIухъан, я гIелму цIалулев, я боцIи хьихьулев чиясул къимат халкъалда гьоркьоб гьечIо», - илан рикIунеб буго блогерас.
Гьесул пикруялда рекъон, криминалиял, диниялгун экстремистиял политикаялъул церехъаби халкъалъе мисаллъун ругеб ракьалъул букIинесеб кьерхараб буго.