Ссылки для упрощенного доступа

БакьагьечIиса Дацил «Мой хIукумат»


7 ноябралда МахIачхъалаялда Миллияб библиотекаялда тIобитIана БакьагьечIиса Дацил «Мой хIукумат» абураб тIехьалъул презентация.

КучIдул хъвай Дацил аслияб пишалъун кколаро. Гьев вукIана Хунзахъ мухъалъул рагъулав комиссар. Эркенаб заманалда хъварал кучIдул гьес «ХIакъикъат» газеталда рахъулаан. ГIумруялда гьев ватIалъаралдаса гIезегIан сонал руго. Гьесда жиндаго цIар букIана ХIусенил МухIамад.

БакьагьечIиса Дацил кучIдуздаса гIуцIараб тIехьалъе цеберагIи хIисабалда журналист ва хъвадарухъан ГъазимухIамад ГъалбацIовас гьадин хъван буго: «БакьагьечIиса Дацил буго гIажаибаб гьунар. Гьесда цебе тIехь рехани, гьес буцIун гьелъул сурат гьабула. Гьесда цебе рагIи лъуни, гьес рагIул тIубан батIияб магIна гьабула. Гьесда цебе багIаргьалил чурпа лъуни, гьес, рекъезабун, гьелда гъорлъе цIам бала, цо-цо мехалъ бакъвараб гьангицин рехула. Дунялалъухъ батIи-батIияб къагIидаялъ балагьизе бегьула, амма БакьагьечIиса Даци валагьулеб къагIида буго ЦIадаса ХIамзатица нилъее ирсалъеги тараб, БакьагьечIиса Дацида гурони кодобе босизеги лъачIеб къагIида».

Дагъистаналда машгьурал гIадамал гурелги, Дацил кучIдузул герояллъун рахъун рукIана Россиялъул даражаялъул политикал Жириновскийги, Ельцинги, Горбачевги, Чубайсги. ЧIаго вукIаравани, жакъа къоялда Дацица лъил хIакъалъулъдай хъвалеб букIараб?

ГъазимухIамад ГъалбацIов: «Я Путинида, я Медведевасда магIарул мацIги бичIчIулеб гьечIони, ас щиб хъвалеб бугебали дозда щиб лъалеб? Жиндиего бокьухъе хъвалев вукIинарищха. Гъос бищун цIакъ бицинаан Жириновскиясул. Дагьалъ цевегIан нахъе вахъарав санитарияв тохтур Онищенкол бицинаан. Белоруссиялъул нухмалъулесулги бицинаан».
ЭР: «Гьел дора рикIкIада ругоха. Гьанир Дагъистаналда ругел политикал росани…».

ГъазимухIамад ГъалбацIов: «Вертолеталдеги гьабилаан гьес щиб букIаниги (исана I июналда МахIачхъала бакьулъеги бачIун вертолеталъ вачун ана тахшагьаралъул мэр СагIид амиров. Гьелдаса хадуб вертолеталде гьарурал махсараби гIемерлъана Дагъистаналда – авт.). Рамазан (ГIабдулатIипов, республикаялъул нухмалъулев – авт.) вачIиналдеги гьабилаан кечI. МухIуде (Дагъистаналъул тIоцевесев президент – авт.) гьарилаан махсародул кучIдул, гьанжеялдего нахъе инейищин нухмалъуде вачIун вукIарав абун».

БакьагьечIиса Дацил росуцояв, журналист ва мугIалим Шамиль МухIидиновас бицана Дацица кучIул жеги цудунго хъвалаанин, амма гьес гьел нахъалъагIан танин загьир гьаризе. Тажудин ЧIанкIа жанив вахъараб росулъа чияс батIайисан гьабизе ресги букIинчIин.

Шамиль МухIидинов: «ХIакъикъаталдаги гьесие захIмат букIана дунялалда бугеб мекълъиги, нилъер улкаялда кколеб букIанщинаб хIапу-чапурги хIехьезе. Гьедин гьес ургъел бикьулаан кочIоде».
БакьагьечIиса Дацил тIоцересел кучIдул «ХIакъикъаталда» ГIандиса ГIумахан «Бахьикъосалда» хIалтIулеб заманалда.

ГIандиса ГIумахан: «Дие бокьула Дацица чи веццун какулеб мехалда. Масала, дун газеталъул редакторасул заместительлъун тедал, гьара-рахьиги гьабун, ахиралда хъван батана гьес гьанже «риди тIаде – тIорахь гъоркье ккун» бугин, цIодорлъи гьабеян».

МагIарул адабияталдаса сатира лъугIун унеб мехалъ вачIанин БакьагьечIиса Даци поэзиялдеян абуна гьениб Дагъистаналъул хъвадарухъабазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовас.
МухIамад АхIмадов: «БатIияб заманги бачIун, Расул ХIамзатовасул поэзиялъ цIакъ борхалъуде бахинабураб бакIалдеги ккун, нилъер поэзиялдаса тIагIун унеб букIана сатираялъул нух. Гьеб нух цIигьабизе кIудияб иш гьабуна БакьагьечIиса Дацица».

БакьагьечIиса Даци цIакъго машгьурлъарал кучIдузул цояблъун ккана «Халкъияб Мажлисалде депутатлъиялде кандидат Огьогьоев Лабазан КъинкIикъванкIовичасул рищиязул программа».

Гьале гьениса мухъал:
«Нагагь дун вищани, щивав вацасе
Шагьаралда лъикIаб секция щвела.
Депутат вахъани, вацгIалзабазе
Цо-цоязе цо-цо машина кьела.
… Дун гьадин гаргазе гьоболчи гуро,
Нужеда гъорлъ гIурав росдал чи вуго.
Шагьарал хирияв ханыга гуро,
Хунзахъ бокьун буго город гьабизе…»
XS
SM
MD
LG