Гьениб абулеб буго Москваялда вугев Дагъистаналъул официалияв вакил МахIачев ХIажие автомобиль босизе хIадурарал документазулъ гIадлу-низам гьабеян. МахIачевасе щуго млн гъурщиде Ауди босизехъин буго цебехун рехсараб республикаялъул министерлъиялъ.
Гьеб идараялъул тIалабалда рекъон, автомобилалъул букIине ккола 420 чодулгIанасеб къуват. Хехлъи букIине ккола сагIаталда жаниб 250 километра толеб гIадаб, кьер – бецIаб. Гьенир жанир лъун рукIине ккола 12 канал бугеб акустикаялъул алаталги, 13 динамикги, 600 ватталъул къуваталда бащадаб сабвуферги.
Гьеб лъазабиялъ рахIатхвезабурав блогер Алексей Навальныяс интернеталда хъвалеб бугоан гьанже нилъеца киназго данде гIарацги рехун, щуго млн-лде МахIачевасе Ауди автомобиль босизе кколеб бугилан. Уйинха, цIадул лъеца гъанкъараб Дербентги гьелъул гIадамалги кин рукIани щибин, хIакимзабазе чIухIарал автомобилал щваралдаса, гьеб щуго млн-лъухъ щуго хъизаналъе рукъзал росун бажарулаанин Навальныясда тIадрекъон хъвадаризе байбихьана дагъистаниялги.
Гьелъ кIвар буссинабуна монополиялде дандечIараб комитеталъулги. Миллияб политикаялъул, диниял суалазул ва къватIисел бухьеназул министерлъиялъул вакилзабазда лъазабуна аукцион тIобитIилалде документал цойиде рачеян.
Шкандыба Наталья, монополиялда данде чIараб комитеталъул пресс-секретарь: «Аукцион байбихьилалде гьезда гьел гIунгутIаби лъугIизаризе бажарани, гьез тIобитIилаха гьеб, гурони, тIобитIуларо».
Министерлъиялъул пресс-секретарь МухIамадов Мурадил пикру батIияб буго.
МухIамадов Мурад: «Аукцион тIобитIичIого тезе гьечIо, гьелъие кинабгIаги гIиллаги гьечIо. Ришватчилъиялда хурхарал бакIалги гьечIо. ГIицIго цIакъго гъорлъе раккун рикIарулел руго монополиялда данде чIараб комитеталъул чагIи. Масала, автомобилалъул бурдул киналалиго рукIине кколила, гьоркьохъеб классин хъвараб бакIалда цогидаб класс абун букIине кколаанила. Гьединлъидал дида бичIчIуларо гьадигIан цIакъ гьаб ахIи-хIур щай бахъинабурабали».
МахIачевасе босулеб Аудиялъул багьаялда дагIба байго гIадин интернеталда хъвадарулел дагъистанияз гIажаиблъи гьабулеб буго жиндие автомобиль босиялда бан МахIачевас гьабураб лъазабиялдаги. Гьес абулеб буго жинда лъалароанин жиндие гьеб босулеб букIинги, лъица гьединаб лъазаби кьурабалиги.
МухIамадов Мурад: «Валлагь лъаларо, битIараб бицани… Амма нижехъ бугоха автомобиль босизе кумек гьабеян хъвараб гьезул кагъат».
Амма кин батаниги, Москваялда вугев Дагъистаналъул официалияв вакил МахIачев ХIажица абулеб буго щибин, гьанже хIамузда рекIунищинха жал хьвадизе кколел, лъикIаб автомобиль босулеб букIунилан гьебщинаб ахIи-хIурищин бахъинабизе кколеб, цогидал хIакимзабазул гьечIелищин гьел?
МахIачевасе босулеб автомобилалда сверухъго гIадаб ахIи-хIур блогер Навальныяс бахъинабун букIана исана ихдал 8 млн гъурщиде Дагъистаналъул финансазул министрасе босулеб автомобилалда хурхунги.